Аслияб гьумералде

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

8-9 моцI букIана дир беразул канлъиги дагьлъун, щиб гьабилебалиги лъаларого. Ахир-къадги къисматалъ дун вачана ИсмагIиловасул цIаралда бугеб «Высокие технологии» абураб поликлиникаялде. Гьениб, ТIадегIанав Аллагьасул хIалкIвеялдалъун, махщел тIадегIанал тохтурзабазулгун гьезул кумекчагIазул бажариялдалъун нахъбуссинабуна канлъи.

 

Гьеб клиникаялда чIезабун буго лъикIаб рацIцIа-ракъалъигун санагIалъаби, щивав унтарав квер ккун вачуна къваригIараб кабинеталде, операция гьабуразда хадуб гьабулеб буго лъикIаб хъулухъ.

Тохтур ГIабдулаев ГIалихIажи ватана сабураб каламалъул инсан. Гьединал хIалтIухъаби ругеб бакIалда рукIуна лъикIал хIасилалги хIалтIулъ бергьенлъабиги. Гьединлъидал, бокьун буго «Ас-салам» казият гьоркьоб ккун баркала загьир гьабизе гьеб клинникаялъул хIалтIухъабазе ва хасго ГIалихIажи Бадрудиновичасе.

Гьарула БетIергьанасда нужее икъбал, щулияб сахлъи.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...