Аслияб гьумералде

Хабал гiазабалдаса кин цiунилел?

Хабал гiазабалдаса кин цiунилел?

Гьаб дунял тун ахираталъул рокъове унарев чи вукIунаро. ЛъикIалги уна, квешазги тола. Ахираталъул рокъоб тIоцебесеб дандчIвай ккола инсан хабалъ вукъун хадуб. Инсанасе бищунго захIматалги кIвар бугелги гьев вукъарал къоял ккола. Щайгурелъул гьениб букIуна Мункар-Накирасул кIалгьикъи, хоб данде къай ва цогидалги хIалбихьиял. Гьениб жавабалъе хIал гIечIезе чара гьечIо гьелъухъ тамихI щвечIого. Аллагьас нилъ киналго цIунаги гьелдаса.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

«ФатхIул гIалам» абураб тIехьалда хъвалеб буго, хабал гIазабалдаса хвасар гьарулеб ункъо жо бугин абун.

1. ГIужда как бай. Хирияб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ лагъасул тIоцебесеб хIисаб босулеб жо как буго. Гьеб лъикI ккани, хутIарабги битIун ккола. Амма гьеб квешлъани, хутIарабги пасалъула», - ян. Гьаб масъала нилъеда кигIанго лъалеб жо бугониги, цIакъ кIвар кьечIого хутIулеб буго. ГьабсагIат рахъинин абун телефонги кодоб ккун, как гIужил ахиралда бала гIемерисеб мехалда.

2. Садакъа кьей. Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ гIемерал аяталгун хIадисал рачIун руго. Гьелда жанир гIемерал пайдабиги руго. Хирияб хIадисалда буго: «Садакъаялъ боцIи дагь гьабуларо», - ян.

3. Къуръан цIали. ГIажаибаб жо, гьаб заманалдаги Къуръан цIализе лъаларин абулел гIадамал дандчIвалел рукIин. ГьитIинаб мехалъго гьеб цIаларалги гьелде тIадего раккулел ратуларо. Къуръан цIали кутакалда хирияб жо буго. ХIадисалда абулеб буго: «Нужеца Къуръан цIале, къиямасеб къоялъ гьелъ шафагIат гьабула нужее», - ян. ТIахьал лъолеб полкаялда хIурулъ бессун таралъухъ тамихI букIинеги рес буго. Аллагьас гьуин гьабеги нилъее Аллагьасул калам цIали.

4. ТасбихI гIемер бачин. Хирияб хIадисалда буго: «КIиго калима буго кIалалъеги бигьаяб, цIадирабаздаги бакIаб, БетIергьанасеги хирияб. Гьелги ккола «субхIаналлагьи ва бихIамдигьи субхIаналлагьил гIазим», - ян аби.

Жеги ункъо гIамал буго жидедаса рикIкIалъизе кколеб:

– Гьереси бицин. Бичасул аварагас абуна: «БитIараб бициналъ лъикIлъиялде тIоритIула. ЛъикIлъиялъ алжаналде тIоритIула. Инсан битIараб бицунев вукIуна алжаналда сиддикъ абун цIар хъвазегIан…», - ян.

– Гукки. Мунапикъасда гъорлъ рукIунел ункъо тIабигIатазул цояб бугин гьеб абун буго хIадисалда.

– МацI гьаби. МацI гьабиялъ рачуна гIадамазда гьоркьоб питна ккеялде. ХIатта жеги пашманал хIасилалги ккезе рес буго мацI сабаблъун. Хирияб хIадисалдаги бугелъул, мацIихъан алжаналде лъугьунарин абун.

– КIващул тIираби. Бичасул авараг кIиго хобалда аскIоса унаго, гьес абуна гьав кIиясего гIазаб гьабулеб бугин, амма цо кIудияб жоялъухъги гьечIин. Кин бугониги гьебги гIезегIан кIудияб жо ккола. Цояв мацI гьабун хьвадулев вукIана ва цогидас кIущалдаса рацIцIалъи гьабулеб букIинчIо.

Аллагьас тапикъ кьеги битIараб нух ккун хьвадизе!

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...