Аслияб гьумералде

Ракi унтун гiодани, беццаб бадисаги магiу бачiуна

Ракi унтун гiодани, беццаб бадисаги магiу бачiуна

Гьаб ахирзаманалъул унтилъун лъугьун буго щибго гъин-гIакъуба бихьичIого кинабго жо щвезе бокьи. БатIалъи гьечIо, магIишат-яшавги щибго къо бихьичIого къваригIун буго, хасго гIолохъанаб гIелалъе. ГIакъуба бихьизе бегьулареб жойилан абураб пикруцин буго. Гьелъие аслияб гIиллаги буго гьаб заманалъул техника цебетIей. Балагье, щибаб жоялъе хасаб машина буго. Гьебги гьечIого рукIинего бегьуларин абураб пикруялде рачIун руго гIемерисел. Гьелъул бицани хабар халалъила, гьаниб къокъ гьабун тела.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Гьелдаса кколеб зарал буго сахлъиялъегун гIакълабазе. Балагье, ракь хIалтIизабулев, хIайван хIебтIулев чи росабалъцин къанагIалъун вуго. Гьедин чIунин абун, кваначIого гIоларелъул, кинабго тIагIам тукадул хIалтIизабулеб буго. Гьелъул хIасилалда чорхол сахлъиги жагъаллъулеб буго. Гьелдаго цадахъ гIадамасул психикаги роцIараб пикруги лъукъулеб буго.

Гьелдаго релълъун динияб рахъги чияца гьабизе кколеб жо гIадин рехун тун буго. ЦIалдей щайила, телефоналда жаниб кинабго жо бугеб мехалъин абула. Цо къоялъ телефонги сун хутIани щиб гьабизе бугебали лъаларо. Казият хъваразги абула рокъоре рачIун гьеб хъвайин чIедал нахъчIваларин, амма гьеб цIалун бахъунарин абун.

ХIурматиял диналъул агьлу, гьанжеги гIодичIел, пашманлъичIел нилъ кида кантIизе ругел? ЦIаличIого гIелмуйищ щолеб? Интернеталда бугебщинаб жо битIарабищ букIунеб? Гьелда божун чIани интернет хIалтIизабулезул лагъзаллъун ккеларищ нилъ. Гьединал жалазде кантIизе ккела.

Гьеб киналъего жаваблъун гIадин хирияб хIадисалда буго: «ГIелму щола гьеб цIалиялдалъун, тIалаб гьабиялдалъун, хIалимлъиги бачIуна гьеб нилъецаго лъугьинабиялдалъун. ЛъикIлъи тIалаб гьабурасе гьеб кьола ва квешлъиялдаса цIуни гьабурав гьелдаса хвасарлъула», – ян. Гьаб хIадисалъул пикру гьабизе рекъараб гьечIищ, диналъул агьлу!

Цо-цояз абула щиб гьабуниги щибила, хъвараб гурони кколарин абун. Къадар бугеб гурони кколареблъи лъалеб жо буго. Амма нилъер гIамалалда базабураб къисмат букIинчIебани гьеб гьабейин амру гьабизе букIинчIо киданиги. Жакъа къоялъ лъикIлъиги тIалаб гьабичIони, квешлъиялдаса цIунизе хIаракатги бахъичIони нилъее гIоло гьеб гьабулев чи вукIунищ?

Цо гьитIинаб бугониги дунялалъул яги цогидаб рахъалъул рахIатхвей нилъеде тIаде бачIани гьелъие гIайибияллъун нилъ гурел цогидал чагIи гьарула. Диналда жаниб ккаралъе цIаларал чагIи, сахлъиялда хурхаралъе тохтурзаби, гIадлуялда хурхаралъе полициялъулал ва цогидалги хIакимизаби ратула гIайибиял, амма нилъгойин абуни меседгIанги цIвакарал ва рацIцIадаллъун рикIкIуна.

Гьединаб къагIида, я саламатаб гIакълуялда, я цониги гIелмуялъул роцада, я исламалъул нухда битIараблъун рикIкIунаро. РачIа, диналъул агьлу, ахираталда батулеб гьабилин гьаб хехаб дунялалъул рокъор ругел дагьал къояз.

Аллагьас кумек гьабеги киназего! Амин!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...