Аслияб гьумералде

Инсан сунца ватiа вахъулев?

Инсан сунца ватiа  вахъулев?

ХIурматиял бусурбаби, гьаб буго лъималазул цIалиги лъугIараб, гьел цIализе кире ритIилелин абураб масъалаги цебечIараб заман. Инсанасе чара гьечIого къваригIуна кинаб бугониги махщел, дунялалъул рокъоб магIишат гьабизе ккани. Гьединго гIибадат гьабизеги, ай Аллагьасул амраби тIуразеги къваригIуна чара гьечIеб къадаралда диналъул лъай. Дунялалъулалде лъимал ритIараб заманалда кIочене бегьуларо исламияб лъай гьечIони гьел жагьилзабилъун хутIулеллъи. Гьелдаса кIудияб мискинлъиги дунял-ахирталда гьечIо бусурбанчиясе.

Гьединги букIаго эбел-инсуца тIалаб гьабизе ккола кIиябго лъай лъимадуе щвезабизе. Амма исламияб лъай тIалаб гьабиялда сверухъ нилъер тасамахIлъи кколеб буго. Гьеб гъапуллъи тIаса инин ккола гIелмуялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Бичасул аварагасул дагьалго хIадисал цIалани:

«Аллагьасе бокьани цо чиясе хасаб лъикIлъи кьезе, гьесие Аллагьас диналда жаниб бичIчIи (лъай) кьола» (Бухари, Муслим).

«ГIелму тIалаб гьабулев вукIаго чи хвани, гьев Аллагьасда дандчIвала жиндаги аварагзабаздаги гьоркьоб цо гурони даражаги гьечIого» (ТIабарани).

«ГIелму тIалаб гьабулев чиясде гьеб тIалаб гьабулаго хвел тIаде гIунтIани, гьев шагьидлъун хола» (ТIабарани).

«Ле, Абузарр, радал инеги ун гIелмуялъул цо баб дуца лъазаби, гьелда гIамал гьабуниги гьабичIониги, дуе лъикIаб буго азарго ракагIат какил баялдаса» (Ибну Мажид).

«Дунял пайда гьечIеб жо буго, гьелда жаниб бугебщинаб жоги пайда гьечIеб буго, Аллагь рехсейги гьелда хурхараб жоги, гIалимчиги, мутагIалимги хутIун» (Тирмизи, Байгьакъи, ибну Мажагь).

«ГIадамазда малъизеян гIелмуялъул цо баб лъазабун щив чи вугониги, гьесие 70 сиддикъасул кири кьола» (Дайлами).

«ГIелму тIалаб гьаби Аллагьасда аскIоб хирияб буго какалдасаги, кIалалдасаги, хIежалдасаги, Аллагьасул нухда гъазават гьабиялдасаги» (ТIабарани, ибну ГIабдулбари).

«Цо сагIаталъ гIелму тIалаб гьаби тIубараб сордоялъ гIибадат гьабиялдаса хирияб буго, цо къоялъ гIелму тIалаб гьаби лъабго моцIалъ кIал кквеялдасаги хирияб буго» (Дайлами).

Дайламияс, Аллагь разилъаяв ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда абулеб буго: «ГIелмуялъ кинабго гIайиб бахчизабула жагьиллъиялъ кинабго гIайиб загьир гьабула», - ян

ГIакълуялъе гIелму ккола чIобогояб кисаялъе гIарац гIадинаб жо, инсанасе гIелму ччугIие лъим гIадаб жо ккола. Имам Гъазалияс абун буго хIайваназдаса инсан тIокI гьавулеб жо гIелму кколин. Аллагьас нилъее квербакъаги, квешал гIамалалги нахъе рехун, пайдаяб гIелму тIалаб гьабизе. Амин.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...


Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.   Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин...


Суал-жаваб

МагIарухъ цIад балеб мехалда, гонгидаса чвахараб лъим данде гьабула ва рокъоб къваригIаралъе хIалтIизабула. ТIохда хIанчIазул рак камуларелъул, лъазе бокьилаан гьединаб лъим черх чуриялъе, какичуриялъе хIалтIизабизе бегьулищали? ШафигIил мазгьабалъул машгьурав гIалимчиясул «ХIашиятул Къалюби...


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...