Аслияб гьумералде

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ХIурматияб «Ас-салам». Мун цIалуларев чи къанагIатги ватиларо Дагъистаналда. Гьединлъидал, бокьун буго цо лъикIав чиясул хIакъалъулъ газеталдасан бицине.

 

Гьаб сураталда вихьулев чи ккола ЛъаратIа районалъул Гъараколоб росулъа Юсупов Сайидил вас Набиюла. Гьев вуго гIадамазулгун хIал рекъезабизе лъалев, лъилго къваригIел тIубалев, тIаде рачIарал рази гьарулев инсан.

Армиялда хъулухъ гьабун хадуб цIализе лъугьана МахIачхъалаялда бугеб цаби-гIусал къачIалеб «Каиб» абураб идараялде. Гьебги лъугIизабун хIалтIана Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда цаби-гIусал къачIалев техниклъун. ГIезегIан соназ гьенивги хIалтIун тIадвуссана гIагараб районалде. ГьабсагIаталда хIалтIулев вуго райполиклиникаялда фельдшерлъун. Амма гьес рехун тун гьечIо кIиабилеб махщелги. Гьев кидаго хIадурго вукIуна хIажатазе кумекалъе.

Гьесухъе гIемерав чиги вачIуна. Гьесие нижеца гьарула лъикIабщинаб.

 

Нуруллагь ХIажиясул вас ИсмагIил, ЛъаратIа район, УнхIада росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...