Аслияб гьумералде

Лъимал школалде хIадурана

Лъимал школалде хIадурана

«Инсан» фондалъ Гъуниб тIобитIана «Лъимал школалде хIадур гьаре» абураб акциялда гъоркь сахаватаб тадбир.

Гьениб гIахьаллъи гьабуна фондалъул Гъуниб районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев ГIабдуллагь ШагIбановас, муфтияталъул районалда бугеб дагIваталъул отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Разакъовас, руччабазул дагIваталъул нухмалъулей Асият ГьитIинамухIаммадовалъ, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад МухIаммадгIалиевас, спорталъул, маданияталъул ва туризмалъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад СагIитовас ва росабазул имамзабаз. Акциялъул баракаталдалъун 70-ялдаса цIикIкIун лъималазе щвана школалда цIалиялъе хIажатал алатал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...