ТIелекьа Ибрагьим-хIажи
(Байбихьи цебесеб номералда)
Бицен буго Ибрагьим-хIажияс кIиго нухалда хIеж гьабунилан. ТIоцебесеб нухалда хIежалде ана 1303 соналъ (1886), жиндир баркат Дагъистаналъул агьлуялъе камугеяв ГIасаса шайих ГIабдурахIман-хIажиясда цадахъ. Гьеб хIужа мухIканлъана ГIабдурахIман-хIажияс (къ.с.) Константинополалдаса рокъобе хъвараб кагътидасан. Гьениб жидеда цадахъ ругел къапилаялъул цIарал рехсолаго, гьес хъван буго: «Нижги, хIажизаби: ГIабдурахIман ГIасавиявги цадахъ цоги ункъо гIасасевги, Гьоориса Будунасул вас МухIаммад ва гьесул гьудулзаби Муттаги БудухIги, гьединго ГIахьвахъа ГьитIинасул вас МухIаммадги гьесул вацги, хадубги Ракьуса Бачихъул вас МухIаммадги, КъахIиса ХIабибуллагьги, ТIелекьа Ибрагьимги…
Хъвана 1303 соналъул 8 зулькъагIада (сентябрь 1885 сон)».
КIиабизе хIежалде араб заман мухIканго лъазе кIвечIо.
Гьеб заманалъул мутагIилас цIалулеб гIелмияб мархIала тIубан, якъинлъун хадуб, Ибрагьим-хIажи лъугьана киналниги гIелмиял ишкалал жинде руссунев, гьел ишкалал ричун бажарулев гIалимлъунги, мутагIилзаби жинде руссунев мугIалимлъунги.
Гьес жиндихъего гIелму цIализе вачIине бокьарав цо мутагIиласухъе хъвалеб кагътида буго: «КIиябго хIарамалде хIеж гьабурав гIалим ТIелекьа Ибрагьимил рахъалдасан, жиндирго вацлъун вугев мутагIил ТIасияб Хъараниса Шамсулвараде. Аллагьасул саламги, рахIматги, баракатги, мунагьал чуриги, разилъиги лъеги нужеда. КIиябго рокъоб нужеего бокьухъе даимги гьареги нуж.
ТIоцебесеб къасдлъун бугеб жо мунги дур агьлу-хъизамги БетIергьанасул цIобалда рукIин.
Цинги дир аслияб мурадлъун бугеб жо, дур рахъалдасан, дуе бокьани мун дида аскIове гIелму тIалаб гьабизе вачIин, дун вуго Параулалда мугIалимлъун, дида цадахъ дагьа-макъал мутагIилзабиги руго…
Дица духъе гьаб кагъат хъвана, нилъеда гьоркьоб букIараб Гъоркьияб Гъазанущиб мажгиталъуб нилъеца гьабун букIараб къотIи-къайги ракIалде щун. Гьабги Саламги».
Гьединго Ибрагьим-хIажиясул асаразул цIех-рех гьабидал, загьирлъулеб буго мутагIиллъиялде байбихьигун цадахъ гьев тIарикъаталде гъорлъе ккаравлъиги. ТIоцеве гьев Маммадибир Рочиясухъе ккун вуго, гьеб бичIчIула Ибрагьим-хIажияс 1876 соналъ насху гьабураб гьев мубаракасул тIехьалъул ахиралда хъван бугеб «нижер Муршид» абураб рагIиялдасан. Гьедин гьев мубаракасул тарбиялда гъоркьги вукIун Сибиралде ккана. Гьев ссылкаялда вукIаго Мамадибир Рочияв накълолъана. Кинниги Ибрагьим-хIажиясул тIарикъаталде бугеб рокьиги гIищкъу-шавкъги цIикIкIун гурого тIаса унеб букIинчIо. Чияр ракьалда вугониги гьес цIех-рех гьабун, балагьун, гьениб Жамалудин Гъумукъиясул «Адабул марзият» абураб накъщубандияб тIарикъаталъул бицунеб тIехь насху гьабуна. ТIехьалъул ахиралда гьес хъван буго: «Аллагьасе рецц буго, Аллагь лъалев Муршид, Шайих ва Гъавс Саййид Жамалудинил тIехь рагIалде бахъиналъухъ, Аллагьас гьесул баракатги файизги нилъее щвезабеяв. Дунги хIакъирав пакъир, гIурусазул асир, ТIелекьа МухIаммадил вас Ибрагьим, бусурбабаздалъун жиб эркен гьабеяб Курустин росулъ вугев. Аллагьасул салат-салам лъейги саййид МухIаммадида, Гьесул агьлуялдаги, асхIабзабаздаги, киназдаго. Амин.
(Хъван бахъана) гьатIан къоялъул радал, 1298 соналъул 9 шаввалалда (4 сентябрь 1881сон)».
Дагъистаналде тIадвуссун хадуб Ибрагьим-хIажияс накъщубандияб тIарикъаталъул устар валагьиялда тIадчIей гьабуна. Устар абун цIар бугелщинал гIадамазухъеги щвана, кинниги, букIараб рекIел рахIатги, гIодобе биччайги щолеб букIинчIо, ГIасаса шайих ГIабдурахIман-хIажиявгун хIежалъул сапаралде цадахъ ккезегIан. Гьелдаса хадуб ГIасаса шайихасулгун ва гьебго хIежалъул сапаралда цадахъ вукIарав КъахIиса ХIайбуллагьилгун Ибрагьим-хIажияс гьоркьоблъи къотIизе течIо. Гьел кIиязулго баракаталъги, Гьоориса гIалим Ибрагьимил баракаталъги, Ибрагьим-хIажиясул хадубккун КъахIиса ХIасан-устарасулгун лъай-хъвай ккана. Ва гьелдаса хадуб гьезул лъикIаб гьулдуллъиги букIуна. Гьезул цоцазухъе хъварал кагътал жакъаги наслабазухъ цIунун руго. Гьел кагътазул цоялда ХIасан-устарас (къ.с) Ибрагьим-хIажиясе баян гьабулеб буго накъщубандияб тIарикъаталъул хIакъикъаталъулги, гьездехун гьабулеб рокьи-хинлъиялъулги букIунеб пайдаялъул, гьеб тIарикъаталда бугеб балъгояб зикруялъул хIакъикъаталъулги. ТIатун цIалулеб зикруялдасаги балъго цIалулеб зикруялъул хиралъи-тIокIлъи букIиналъулги.
Гьединаб цо кагътида КъахIиса ХIасан-афандияс хъван буго:
«Нужедаги лъейги, хIурмат кIудияв Ибрагьим-хIажияв, дуца дие битIаралдасаги азарго нухалда цIикIкIараб салам.
Гьелдаса хадуб.
Дуда лъан букIа, дие рохелги гIатIилъиги щвана дур жиндилъ (дидехун бугеб) кутакаб рокьи-шавкъ баян гьабулеб хирияб кагъат щведал. ТIадегIанав Аллагьас нуж гьеб рокьиялда чIезе гьареги. Нужее рекъарабги букIинаан Аллагьасда гьаризе, гьеб рокьиялда чIейги, гьелда даимлъиги. Дунял-ахираталъул талихI батиялъе аслу гьеб рокьи букIиналда ракIги чIа (дур)! Нужер, гьаб накъщубандияб къокъаялде бугеб рокьиялъ, гьеб ракIбакьулъан бугеб бугони, Ин шаа Ллагь, нуж кинабниги лъикIлъиялде цIазе руго. Кин гьеб букIинареб, имам Раббанияс абунги букIаго: «ШаргIиял ахIкамал тIуразе тавпикъ-кумек, гьеб рокьиялъул натижа-хIасил буго. БатIинияб жамгIият (хIузур) хIасуллъиги гьеб рокьиялъул пихъ буго», - ян. Гьаб дунялалъул тIолабго бецIлъиги хIабургъинги гьеб цебе рехсараб рокьи бугеб ракIалде жанибе тIунани, гьелъ ракI чорок гьабилин абун щибниги ургъел гьабизе ккеларо, (ай гьелъ ракIалъе щибго асар гьабуларо) гьеб (ракI) лъикI букIиналъул хьулалда чIела.
Жинда жаниса расул къадаралъ гьеб рокьи нахъе араб ракIалде мугIрулгIан гIемерал файизалъул нуралги, лъикIал хIалалги жанире тIунаниги, гьев чиясе чIового хутIиги, махIрумлъиги гурони букIунгутIиялда ракI чIезабизе бегьула. Гьеб гьесие бугеб истидражлъун рикIкIине рекъарабги буго. Гьеб рокьиялъул кIвар кутакалда щулаго ккун Аллагьас нуж нужерго пишаялда даим гьареги…»
Гьединго, гьаниб рехсезе бокьун буго Ибрагьим-хIажиясул асаразда гъорлъ батараб цоги кагъатги. Хал-шал гьабидал бичIчIулеб буго гьеб кагъат Ибрагьим-хIажияс имам Шамилил (къ.с.) вас МухIаммадкамилиде битIараб кагътил черновияб вариант букIин. Кагътидасан бичIчIулеб буго, цебе гьезда гьоркьоб букIараб рокьа-хинлъиги гьудуллъиги. МухIаммадкамил вихьизе бугеб гIищкъу-щавкъги загьир гьабун, Ибрагьим-хIажияс хъван буго: «Дир хьул буго дуца дир рахъалдасан салам бицинин Хирияв МухIаммад ﷺ аварагасда. Гьединго дурго хирияв эмен шайих, имам Шамвилидеги, дурго вац ГъазимухIаммадидеги бицинин. Аллагьас гьев кIиявго мунагьал чуриялъулъ тIерхьине гьареги, хIурулгIинзабигун, хъулухъалъул агьлугун цадахъ Алжан бакьулъ чIезеги гьареги. Цогидаб дир мурадги, мун гьав ТIелекьа ГIумар-хIажиясухъ тIалаб-агъаз гьабиялъул бералдалъун балагьи буго. Гьев ГIумар-хIажи вуго бацIцIадаб шаригIаталъул заманалда Дур хирияв инсул вукIарав наибги, кумекчиги ТIелекьа ХIамзат-хIажиясул яцалъул вас. Рес рекъовухъе, (кумек гьабеян гьарула) нахъе (бицинчIого) хутIараб гьаб кагъат босун вачIарас бицина.
Дунги дур вац, ТIелекьа гIалим Ибрагьим-хIажи, жинда Аллагь гурхIаяв, мунагьал чураяв Саййид ТIелекьа МухIаммадил вас. Дур рахъалдасан диеги, дир гьав рехсарав инсуеги дугIа гьабеян васиятги гьарула».
Кагътида сон, моцI хъван гьечIо, амма бичIчIулеб буго 1902 соналдаса хадуб (ГъазимухIаммад хун хадуб) хъвараб кагъат букIин.
Ибрагьим-хIажияс гьаб дунял тана 1338 соналъ, гьев вукъун вуго ТIогьохъ росдал хабалазда. Гьесул зонода буго: «КIиябго хIарамалде хIеж гьабурав, гIалим ТIелекьа МухIаммадил вас Ибрагьим. Я Аллагь, МухIаммад аварагасе (гIалайгьи салату ва салам) гIоло гьав хварасе гIазаб гьабуге. 1338 сон (1919-1920)».