Аслияб гьумералде

ГьитIинаб адабалъ кIудияб асар

ГьитIинаб адабалъ кIудияб асар

ГьитIинаб адабалъ кIудияб асар

Дагьабго кватIун букIаниги баркала кьезе бокьун буго «Инсан» фондалъул Хьаргаби районалда бугеб филиалалъул хIалтIухъабазе. 

 

Ноябралъул ахирисеб гьатIан лъазабун буго «Улбузул къолъун». Гьеб байрам  баркизе тIаде босарал «Инсан» фондалъул хIалтIухъаби МухIаммадов Юсупие, АхIмаев МухIаммадсайпулае, Къурбанов Къурбание ва цогидалги кумекчагIазе азарабго баркала буго. Исана гьеб байрам баркун гьел щвана херазухъе, кIудияб хъизан нухда бачарал, гIажизал лъимал хьихьарал улбузухъе.

ХIакъикъаталдаги кIудияб асар гьабуна дие ва дир гIажизав васасе  гьеб гьоболлъиялъ. Гьесул вохи ва разилъи гьезда жидедагоги бихьана. Сайгъаталда бараб жо гуро бугеб, гьединал гIадамал кIочонгутIи, гьезул тIалаб-агъаз гьабизе ва кIодо гьаризе хIадурал, гIаданлъи-яхI бугел гIадамал рукIин буго нилъее кIудияб хазина.  Нижер районалда бугеб филиалалъ гIемераб кумек гьабула жидеде балагь бачIаразе, ресукълъиялда ругезе, чияр кумекалде хIажатазе. Аллагьас гьез гьабулеб кинабго лъикIлъи, кумек, гьезул хIаракат азариде бахинабеги, диналъе къуват кьеги. Гьеб гьабизе квербакъулезеги гьенибе садакъа гьабулезеги Аллагьас азарида кьабун тIадбуссинабеги, балагьал нахъчIваялъе сабаблъун ккаги.

 

Гулишат Ибрагьимова,  Хьаргаби росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...