Аслияб гьумералде

ГIумрудул пикраби…

ГIумрудул пикраби…

ХIурматиял бусурбаби, нилъеца гIумру гьабун бугеб заманалъул, халкъалъул, тIабигIат-гIамалалъул хIисаб гьабидал, бихьулеб буго щивав чияс хIаракат бахъулеб букIин кигIан цIикIкIун кIваниги магIишат-яшавги гIемер гьабун, рахIаталда гIумру тIамизе. Узухъда, гьеб пикру квешаб бугин абизе рес гьечIо, гьелда жаниб щибго квешаб рахъ загьиралда бихьулебги гьечIелъул.

 

Амма, гьединаб пикругун гIумру тIамулаго, магIишаталда хадув лъугьарав инсан дагьав нахъе валагьилалде херлъун, загIиплъун, унтун ватулев вуго. Гьанже хIажалъулев вуго сахлъи щула гьабизе яги бугебгIаги цIунизе. Гьедин къеркьолаго хутIараб гIумруги ун батула.

РачIаха хIасил гьабизе. Дунялалъул боцIуда хадув инсан Китаялде щвезегIанги унеб заман буго гьаб. Гьединаб захIмат хIехьон, гIолохъанлъиги чурхъун, сахлъи балагьулаго ригьалде вахараб заманги тIамун, хвалил бусада ватула щибго кодоб гьечIев чи. Яги гьедин къо бихьун щвараб магIишат жив вокьулев вукIинчIесухъе щун батула.

Гьадинаб ахир нилъее хайир бугеб жо гуро. Горбол гьодги ччукIун гьабураб магIишатги рехун тун къватIиве вахъине ккараб сапар бугел нилъее гьелдаса кIудияб балагь цоги букIине рес гьечIо.

Биччанте букIине гьеб магIишат данде гьабизеги бажаранин, гьелдаса кигIанасеб батаниги пайдаги босанин абун. Гьелъулги ахир щиб ккараб? Гьадин квананин, гьекъанин абурал ракIалдещвеялгун ракIбухIи гурони тIокIабги кинаб пайда нахъе хутIулеб.

РачIаха исламалъул тIалабал цIехезе. ШаригIаталъ абулеб буго дунял гьабейин хIалалаб, бацIцIадаб къагIидаялда, жиндиегоги хъизамазеги чияда гьаризе кколаребгIан къадаралда. Нагагь гьелдаса тIокIлъани, паризаяб закагIат кьун хадуб суннатаб садакъа-хайратги гьабейила.

Балагьеха, нилъер бугеб хIалги исламалъул тIалабги данде кколеб бугищали? Кинха гьеб данде ккелеб, кин щваниги, кинаб рахъалдасан щваниги, щибго къварилъи гьечIеб мехалда.

Цоги, шаргIалъ нилъедаса тIалаб гьабулеб буго БетIергьан Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабейин абун. Рекерун унаго бараб какги нилъер бадиб кутакаб жолъун чIолеб буго. Нагагь-надир кьураб садакъадул кепкалги меседил мегIерлъун кколеб буго. Амма напсалъе гьабулеб рахIаталъе гIейго букIунеб гьечIо.

Гьедин рукIаниги кIваричIоан гьаб гIумру тезе кколеб букIинчIебани. Пикру гьабе, кир ругел нилъер умумул, гьезулги умумул. Гьел киналго рукIинчIищ, нилъералдасаги хьулги халат гьабун, гIумру тIамулел? Гьелги ана, гьезда хадур нилъги гъела кватIичIого.

Щибха гьабизе кколеб яги рекъараб бугеб? КигIан кIваниги гIибадаталда тIад хвезабулеб заман цIикIкIинабизе ккола. Устарасухъе ун вирдал росун, гьел гьарун, адаб цIунун гIумру тIамизе хIаракат бахъила. Нилъер заманалда гIадин гIибадат гьабизе лъикIал ресал рукIараб мехги киданиги букIун батиларо. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...