Аслияб гьумералде

Хъалиян - иблисалъул гъизгун кIващ

Хъалиян - иблисалъул гъизгун кIващ

Хъалиян - иблисалъул гъизгун кIващ

Дун ккола биологиялгун тIабигIаталъул гIелмабазул доктор, профессор, Россиялъулги Дагъистаналъулги гIелмуялъул мустахIикъав хIалтIухъан, 80 сонил ригьалде вахарав пенсионер. Дица 5-6 сон бараб заманалда дида эмен ватана хъалиян цIалев.

 

Дица инсуда цIехана щайин дуе гьеб чорокаб жо гьабизейилан абун. Гьеб букIана КIудияб ВатIанияб рагъда хадуб заман. Гьелдаса нахъе дица хъалиян цIаялъул бугеб заралалъул хIакъалъулъ бицунаго унеб батила 70-ялдасаги цIикIкIун сон. Бищунго цIакъ насихIат гьабулаан райОНОялъул заведующийлъун хIалтIулаго, учительзабазе, шоферзабазе, лъалелги лъаларелги гIолохъабазе, гьудул-гьалмагълъиялъе.

Дир калам бичIчIаразул цо-цояз гьеб толаан, цогидаз тезе бугин абун рагIи кьолаан.

Хъалиян цIалев рос рокъов вугони, цо-цо руччабаз гьев рази гьавиялъул мурадалда, столалда тIад лъола багьаял хъалиябазул пачка ва рахъу жанибе гьабизе хирияб чашка. Щибаб 10-15 минуталда жаниб хъалиянги цIан, кIкIуйдул цIезабула рукъ. МахIцараб танхьидаса бахъараб махI цIала гьитIинаб лъимералъ ва гьеб сабаблъун батIи-батIиял унтабиги ккола.

Пачалихъалъул, хIукуматалъул хIалтIуда ругез кабинетго букIуна махIцизабун гIемер хъалиян цIаялъ.

МоцIида жаниб 10-15 азарго гъурущ хвезабулеб буго хъалиябиги росун. Гьеб жо гIакълу бугев чияс кинха гьабилеб?

Танхьил хIакъалъулъ бицунаго шайих КъутIбудин ГIаскъаланияс рехсон буго черхалъе гьелъул бугеб 120 зарал. Имам ГIабдулвагьаб ШагIранияс абун буго 300 зарал бугин абун.

Хъалиян цIалев чиясдаса малаикзаби рикIкIалъула. Аллагьасул ﷻ  кутакаб цIоб-рахIматалдалъул гуребани, тIаде балагьалги рачIинаан.

Меселасул МухIаммадихъа вирдги босун нахъе унелъул, цояс гьикъун буго жинда кинго хъалиян тезе кIолеб гьечIин абун. Чан сон барабилан цIехон буго щайихас. 65 сон банин абун гьев чияс жаваб кьедал, устарас абун буго: «60-ялдаса 15 сон тIаса рехани, ккараб 45 соналъухъ дуе бугин 45 бусурбанчи чIварабгIанасеб мунагь», - илан.

Иблисалъул кIващалдаса нажасабги квешабги аслу жиндир бугеб цо кьогIаб хер бижанила тамахьо абун цIар бугеб. Иблисалъ абурабила, Адам сабаблъун жиб къосин якъинаб жо бугин. Амма гьедулинха, Адамил наслуялда дирго гъвес-кIващ чIамизабизе бугин абун. Гьеле гъоб хъалиян цIалезул пиша.

ХIамзат-афандияс хъвалеб буго: «ЧIамуге тамахьо, квешаб жо буго. ЦIаге тамахьо, турула керен. Кванала дур лъикIаб кинабго гIамал», - илан.

Тамахьо цIалев чиясул гьуърал рукIуна картIал лъугьун, рухIун, цIалкIугIадинал жал.

 

МухIаммад ГIабдурахIманов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...