Аслияб гьумералде

Баркала тохтуразе

Баркала тохтуразе

«Ас-салам» казият гьоркьоб ккун Гъуниб районалъул КIуяда росулъа Ибрагьимовазул хъизамалъул агьлуялъе бокьун буго баркала загьир гьабизе, Гъуниб райбольницаялъул хIалтIухъабазе.

Нижер эбел Шамсият Ибрагьимова захIматго унтун егун йикIараб заманалда гьенир ругел хIалтIухъабаз гьабураб гIаданлъи киданиги кIочон теларо. Хасго баркала буго тохтур Шамил Къурбановасе ва Шагьрузат АхIмадовалъе.

Къварилъи бачIиндал
КъваригIуна чи,
Къваридал къояца
Загьирлъана нуж.
Нижер хирай эбел
Унтарал къояз,
Къаданир чIарал нуж
Кинан кIочонел.
Ургъалица цIурал
РакIал гьинтизе,
РакIбатулеб калам
Гьабуралги нуж.
Гьабураб дарудул
ХIасил цIикIкIунеб,
ХIалимаб рагIудул
БетIергьаби нуж.
ХIалимлъи бергьарав
ХIикматав тохтур,
Шамилил рагIабаз
ХIалхьезабуна.
Кинабго коллектив,
ТIолабго къокъа,
Къвал къалел нужеде
Халкъул аманат.
Нижер эбелалъе
Сахлъи батидал,
Сахабщинаб гьари
Нужее буго.
Налъулаллъун руго
Нужей гIумруялъ,
ГIумруялъул канлъи
Нижей цIунидал.
Я, Аллагь, хутIаги
Нуж рохалида,
Халкъалъул тIалабал
ТIокIкIун тIубалел.
ТIолго гIумруялда
Лъеги баракат,
ЛъикIаб сахлъиялда
Район хIебтIизе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...