Аслияб гьумералде

ЦIунтIа районалде ана кубок

ЦIунтIа районалде ана кубок 

ЦIунтIа районалде ана кубок

Дагъистаналъул муфтияталъ Шамилхъалаялда тIобитIана мугIрузулаб территориалияб округалъул лъагIалил хIисабкьей. Данделъиялде рачIун рукIана 17 районалдаса «Инсан» фондалъул, «Ас-салам» газеталъул, давгIаталъул отделалъул, гIолилазул гIуцIиялъул вакилзаби, мажгитазул имамзаби ва цогидалги.

 

КIалъазе рахъарал ГIалиасхIаб-хIажи Разакъовас, Рамазан-хIажи Жаватхановас, АхIмад-хIажи ГIабдурашидовас, МухIаммадсултIан-хIажи ГIабдулаевас, ХIажимурад ГIабдуразакъовас ва цогидазги бицана 2023 соналъ жидецаго гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. Киназулго кIалъаялъул аслияб магIна букIана: нилъер къуват, цебетIей цолъун, цадахъ хIалтIиялъулъ бугилан абураб. ЦIакъго лъикI хIалтIаразе муфтияталъул рахъалдасан Баркалаялъул кагъталги кьуна. Гьеб щвана Унсоколо районалдаса «Инсан» фондалъул хIалтIухъан ГIайшат Залибековалъеги.

«Инсан» фондалъул хьвадулеб кубок ЦIунтIа районалде ана. КIиабилеб ва лъабабилел бакIал Гъуниб ва ЧIарада районазе щвана.

Мажлис берцин гьабун букIана гьоркьо-гьоркьоб Унсоколоса МухIаммад-хIажица ахIулеб мавлидалъги ясли-ахалъул ва школлъималазул церерахъиназги.

КIалъазе вахъарав «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммадрасул МухIаммадовас ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна мажлисалъул гIахьалчагIазе ва ахIана хадурккунги цолъун, цадахъ рекъон хIалтIизе.

 

 

МухIаммад ГъазимухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...