Аслияб гьумералде

ГIумрудул карачел

ГIумрудул карачел

ГIумрудул карачел

Дун колхозалда хIалтIана, накаби цIунана, 8 лъимер кодоб кквеялъ рукьаби унтана, мугIрул сверана, хъутаби тирана, рукъалъул хIалтIи тун базар гьабичIо, лъимал-хъизан тун сапаралъ яхъинчIо.

Кидаго хIалтIулей йикIана. БоцIи хьихьана, хурзал рекьана, рос хун сонал ана, вас хун лъагIел ана, гьанже чанго сон буго унтун бусада. Дир рос, мунагьал чураяв, Хунзахъ районалда милициялдаги, росулъ бухгалтерлъунги, бригадирлъунги хIалтIана.

АхIулгохIде щуцIул щвана, ЧIикIаса КIудиясухъе зияраталъ щвана, киназдаго Аллагь гурхIаги, сахлъи кьеги. Дирго гIумру ракIалде щун магIу чвахана.

Парханисай расулова, 85 сон, Шамил район, Къваниб росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...