Ражаб 1445 с.
№3. (2024-02-01)

Ражабалда дандчIвай гьабуна

Ражаб моцI тIаде щвеялъул хIурматалда Бабаюрт районалъул Туршунай росулъ тIобитIана мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Бабаюрт районалъул имамзабазул...

ЦIалдохъабаз цIализе рагIи кьуна

«Шамил районалъул гIолилал» абураб гIуцIиялъул нухмалъулел дандчIвана ГIуриб, ТIогьохъ, Зивуриб ва Микьивуриб росабазул школазул...

РацIцIа-ракъалъи гьабуна

Улкаялда ва хIатта дунялалдаго цIар рагIарал нилъер гIезегIан спортсменал руго хирияб ракьалда, ай гIумраялда. Гьезул къукъаялъе нухмалъи гьабулеб...

Истигъфаралъул кIвар

Инсан вуго кидаго хатIа-лъулевлъун. КигIан цIуна-къан чIаниги мунагьалде гьев ккечIого рес гьечIо, щайгурелъул Аллагьас гьединавлъун вижун вугелъул....

МархIаба, хирияб моцI

МархIаба, я мархIаба, МархIаба, лъикI щвараб мун, РахIманасул моцIилан, ЦIар жинда лъураб Ражаб.   БачIараб батайги мун, Баракат-рахIмат...

Хьулни къотIуларо

Къваридаб хобалъул ХIисабал гьарун, ХIулидул бусада Щоларин макьу, БецIаб лахIтуялъул Ургъелал гьарун, РахIат букIунарин Егараб...

ХIадис тIибитIи

Цебеги букIана Аварагасул ﷺ хIадис къабул гьабулареб къосараб къавм. Гьединалго чагIи жакъаги камун гьечIо. Амма хIадис ккола, Къуръаналда хадуб,...

Щугоялдаса щуго...

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал хIакъаб рахъалде хIалтIизарулел ругони ва гьезухъ щукруги гьабулеб бугони, ТIадегIанас жеги тIадеги хиралъаби...

Берцинал рагIаби

Шайих МухIаммад Рагъиб ТIабах ккола машгьурав тарихчи. Гьев гьавуна 1370 соналда, ХIалабалда. Гьес «Ас-Сакъафатул исламияту» абураб...

Гуккун ккезе гурин

Садакъаялъул хиралъи лъаларев чи ватиларо. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун садакъа сабаблъун нилъедаса балагьал нахъчIвала ва унтаби сах...

Суннатал кIалал

Щаклъи гьечIого бищун хирияб ва кири цIикIкIун щолел кIалаздасан ккола рамазан моцIалъул кIал. Кинниги инсанас кколел суннатал кIалазухъги...

Авараг ﷺ хира гьавураб сордо

Исраъ ккола сардил къокъаб заманалда жаниб свалат-салам лъеяв Авараг Маккаялъул Масжидул ХIарамалдаса Байтул Мукъаддасалде вачин.   МигIраж...

Игьалиса ГIусманил Тажудин

Цересел гIасрабаз Игьалир рахъарал исламиял гIалимзабазул сияхIалда мустахIикъаб бакI кколаан, жиндир хIал алжаналъул батаяв ГIусманил...

РухIияб сахлъи цIуни

Устар кквей тIадаб букIи-налъе накълияб хIужа щиб?   Къуръаналдаги, хIади-салдаги, имамзабазул каламалъулъги цIакъ гIемерал хIужаби руго...

Нужее баяналъе

1. ТIоцебе тасаввуфалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьлъун щиб рикIкIунеб? – Имам Къушайрил «Рисалатул Къушайри» абураб тIехь. 2....

Мажлисалъул хиралъи

Хур-ахалъе, хIутI-хъумура-лъе, инсанасе, ай сундуего хIажалъула квенги лъимги. Напсанияб черхалъе гуребги, нуранияб рухIалъеги гьеб къваригIуна....

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

РитIучIазул къиса   Бусурбабазул эбел Умму-Саламатидаса бицана: «Цо нухалъ Бичасул Расул авлахъалда вукIаго гьесда рагIана гьаракь: «Я Бичасул...

Рузман къо

Рузман къоялъул баркат киназего щолила, Щулияб рукнуялда Аллагь кIочон течIезе. Хирияв ХIабибасде свалат гIемер битIани, ТIолго мунагьаздаса тIаса...

ТIибитIизабизе рекъараб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нужее цояз тахIият (салам кьей) гьабураб мехалъ, гьелдасаги лъикIалдалъун яги гьединалдалъунго...

Салаваталъул баракат

Имам Суфьяну Саври ккола кIудияв гIалимчи ва мужтагьид. Имам ШафигIги гьевги цого гIасруялъул чагIи ккола. Мужтагьид ккола жиндир гIелму гъваридав,...

Берал чвахун гьабила шукру

Рохалил хабарал гIемер рагIаги, Шукрудул данделъи гьарзаго ккаги. Рохалилаб гуреб кагъат щогеги, Даимго рахIматал тIаде чвахаги.   Шукруги...

ХIикматаб сордо

ГIагарлъулеб буго Исраъгун МигIражалъул сордо. Гьеб сордоялъ ккарал гIажаибал лъугьа-бахъиназул чангояб рехсела.   Малаикзабаз Аварагасул ﷺ...

ЦIодорлъи гьабе

ХIурматиял бусурбаби, ахирал къояз нилъеда гIемер рагIулеб буго бакI-бакIазда цIаял ккун, газ кьвагьун, гьединго, рокъор ругел цогидал алатал...

Чорхол хъаравул

БетIергьанас инсанасул черх цIунун буго хасаб иммунитеталдалъун. Тохтурзабаз абула тIабигIияб куцалда иммунитет лъикIлъизабиялъе санагIалъаби гьаризе...

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ЗахIматай яс йиго...   Дир йиго гIун ячIуней яс. Гьелъулгун хабар рекъезабизе цIакъ захIмалъула. Гьанже кIиабизе дун рукъалде индал, жеги тIадеги...

БукIине ккола божилъи

Дагъистаналда руччабаздехун кидаго букIана лъикIаб бербалагьи. Гьел цIунулаан, кIодо гьарулаан. Гьедин гьабейилан исламияб диналъги...

ХIурматиял лъимал!

ХIурматиял лъимал! Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!           Марьям, 8...

Суал-жаваб

Паризаяб кIал бецIулелъул, суннатаб кIалалъеги ният цадахъго гьабизе бегьулищ? БецIизе паризаяб кIал бугев чиясе суннатаб кIал кквезего...

Хасел киндай тIамила?

Гьале тIаде щвана гьогьомараб замана. Щибаб мехалъул букIуна жинди-жиндир хаслъи. Масала, хинаб мехалъ лъикIал ресал рукIуна магIишат-яшавалъе. Гьеб...

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...