Аслияб гьумералде

ЦIалдохъабаз цIализе рагIи кьуна

ЦIалдохъабаз цIализе рагIи кьуна

ЦIалдохъабаз цIализе рагIи кьуна

«Шамил районалъул гIолилал» абураб гIуцIиялъул нухмалъулел дандчIвана ГIуриб, ТIогьохъ, Зивуриб ва Микьивуриб росабазул школазул цIалдохъабигун.

ЦIалдохъабазулгун накъитал гьаруна рехсараб гIуцIиялъул председатель МухIаммад КIодохIмаевас, муфтияталъул Шамил районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев КъурамухIаммад ИсмагIиловас, гIелмияб отделалъул нухмалъулев Зикрула СагIадуевас, ГIуриб росдал куратор Мухтар ГъазимухIаммадовас ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана кIудиязул хIурмат гьабизе кколеблъиялъул, лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул, учителасул цIунизе кколеб адабалъун, социалиял гьиназдасан бугеб заралалъул ва гIемераб цогидалъулги хIакъалъулъ.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...