Аслияб гьумералде

БукIине ккола божилъи

БукIине ккола божилъи

БукIине ккола божилъи

Дагъистаналда руччабаздехун кидаго букIана лъикIаб бербалагьи. Гьел цIунулаан, кIодо гьарулаан. Гьедин гьабейилан исламияб диналъги малъула.

 

Тарихалдасанги нилъеда лъала ватIан цIунизелъун гьел, борчун ярагъгун, къватIире рахъиналъул мисалал. Амма гьанжесеб гIелалда гьоркьор камулел гьечIо сурукъал ишал гьарулел ясал. ХIатта хIужаби руго гьел цоцалъ рагъиялъул, цоцазда рогьрал раялъул. Гьединал ишалги гьарулел руго рокъоб эбел-инсул тарбия щвечIез. Эбел-инсуца гьезда бихьизабулеб гьечIо берцинаб мисал, гьарулел гьечIо малъа-хъваял, цадахъ тIамулеб гьечIо заман. Гьединаб мехалда лъималги ругьунлъулел руго къватIазде.

Лъималазул гIадлу хвеялъе квербакъи гьабула телефоназги, гьезда жанир ругел хIаязги, гьез гIинтIамулел кучIдузги. Лъималазулъ пикру бессизабулеб буго хъачагълъи, цогидазда зулму гьаби цIакъаб жо гIадинан.

ГIемерисел эбел-эмен лъималазе тарбия кьеялдеги регIун гьечIо. Чед-хинкI балагьиялъул мурадалда гьел хIалтIулел руго чанго бакIазда ва лъималги хутIулел руго жалго жидедего руссун.

ХIакъикъаталдайин абуни букIине ккола гIадлуги, низамги, лъималазда тIад лъурал тIалабалги. БукIине ккола улбуздаги лъималаздаги гьоркьоб божилъи, хIаракат бахъизе ккола цадахъ заман тIамизе. Материалияб рахъалъул гуребги ургъел гьабизе кколелъулха рухIияб рахъалъулги.

Гьайгьай гIайиб камурав чи вукIунаро. Хасго гIакълу цIубазегIан гьитIинал чагIазул ккола гIемерал гъалатIал. Амма гьел ритIизаризе рес кьун буго БетIергьанас. Дагьаб лъалхъи гьабун балагьани, бичIчIула щивасда ккараб гъалатI ва хIаракат бахъила гьеб битIизабизе.

 

Барият МухIаммадова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...