Муфти кIодо гьавуна медалалдалъун
Муфти кIодо гьавуна медалалдалъун
Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандие кьуна Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул «За помощь и милость» абураб медаль. Муфтиясул каранда медаль бана медицинаялъул отрядалъул командирасул диниял суалазул рахъалъ кумекчи Владимир Бергица ва гьес, гьединго, рухӀияв цевехъанасе сайгъат гьабуна часталъул командованиялъул рахъалдасан офицерасулаб ханжар, армиялъул командирасул рахъалдасан Баркалаялъул кагъат.
Гьединго, Баркалаялъул кагътал кьуна гьеб хӀалтӀулъ жигараб гӀахьаллъи гьабулел муфтияталъул цогидал вакилзабазеги.
Шапакъатал кьеялъул тадбир тӀобитӀана ДРялъул муфтияталда.