Аслияб гьумералде

МархIаба, хирияб моцI

МархIаба, хирияб моцI

МархIаба, хирияб моцI

МархIаба, я мархIаба,

МархIаба, лъикI щвараб мун,

РахIманасул моцIилан,

ЦIар жинда лъураб Ражаб.

 

БачIараб батайги мун,

Баракат-рахIмат босун.

БетIергьанасул цIобал,

ЦIергIадин цадахъ росун.

 

Ражаб моцIрол хиралъи

Лъаларев бусурбанчи,

Ватиларин абуни,

Мекъи ккеларин ккола.

 

Гьелда жаниб жиб бугеб,

Баракатаб сардилги,

Бицен жинда рагIичIев,

ГIадан ватизе гьечIо.

 

ГIаламалъул Халикъас,

Хирияв нилъер ХIабиб,

Гьоболлъухъе ахIарав,

МигIражалъул сордойин.

 

Гьеб сордоялъ Аллагьас,

Амру гьабун тIадкъана,

ТIолабго умматалда,

КIикъоялда анцIго как.

 

Авараг тIаде хьвадун,

ТIаса рехеян гьарун,

ТIадегIанав Аллагьас,

Ахир щуго как тана.

 

Щуялдаго жанибги,

Жиндир хIалкIвеялдалъун,

КIикъоялда анцIабго,

Какил хиралъи тана.

 

Нилъеда Жив гурхIулев,

РахIман БетIергьан вуго.

РачIа адабги гьабун,

Гьесул моцI тIобитIизе.

 

ТIубараб Ражаб моцIалъ,

КIалал кквезе кIоларес,

КIвараб къадаралъ гьел ккве,

Кири гьезухъ дуй хъвалин.

 

КIал кквезе гIузру букIун,

Рес рекъоларев чияс,

Черхалъул нафс квегъизе,

Кутакалда яхI бахъе.

 

Рогьалилгун боголил,

Гьеб кIиябго какгIаги,

ЖамагIат гьабун базе,

Бегьараб жигар бахъе.

 

Нилъехъаго лъугьарал,

Мунагьазда ракI бухIун,

Радал, къаси гIужалда,

Къойилго тавбу гьабе.

 

Гьабе дуца садакъа,

СиратIалда батулеб.

Дурго ресалда рекъон,

Дагьабго бугониги.

 

Бичас разилъулареб,

ЛъикIаб гьечIеб рехун те.

ГIадан пашман гьавулеб,

ГIамал гьабун хьвадуге.

 

Дурго чорхолъ рессарал

Чорокал тIабигIатал,

ТIаса ине рукIине,

КIвараб хIаракат бахъе.

 

БетIергьанасул гурхIел,

Даим нилъеда лъеги.

Лъолеб гIамал гьабизе,

Бажари нилъер гIеги.

 

ГIузраби гIемер ругев,

ГIайибазул цIурав дун,

Диего гьабун тана,

ГьитIинабго гьаб вагIза.

 

ГIадамаца цIалани,

ЦIикIкIун пайда букIинин,

РакIалде ккана хъвазе,

ХъахIаб кагътида мухъал.

 

Муъминзаби киналго,

КантIизареги Бичас,

БачIараб хирияб моцI,

Берцинго тIобитIизе.

 

ТIадегIанав Аллагьас,

ТIолго АхIмадил уммат,

Унти, балагь, къварилъи,

РикIкIад гьарун цIунайги.

 

МухIаммад Ражабов,

ТIелекь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...