Аслияб гьумералде

Хьулни къотIуларо

Хьулни къотIуларо

Хьулни къотIуларо

Къваридаб хобалъул

ХIисабал гьарун,

ХIулидул бусада

Щоларин макьу,

БецIаб лахIтуялъул

Ургъелал гьарун,

РахIат букIунарин

Егараб босноб.

 

Мунагьал камурав

Чиги гьечIелъул,

Диргоги гьел рати

Якъинаб буго,

Хьулги къотIуларо,

БетIергьан Аллагь,

Мун тIаса лъугьинин

Мунагьаздаса.

 

Дуй гIоло гьабулеб

Дагьаб гIибадат,

Дуца къабул гьабе,

Вокьулев Аллагь,

ГIакълу мукъсанлъиялъ

Ккарал гъалатIал,

Дир цIакъ ракI бухIанин,

ТIаса лъугьун те.

 

Дирго лъавукълъиялъ,

Илбисалъ гуккун,

Как-кIалалъул чанги

Батила тохлъи,

Тавбу, дир БетIергьан,

ЦIакъ ракI бухIана,

Дида тIаса лъугьа,

Гъапурав рахIим.

 

Дудаса намусай,

Дур лагъ йигелъул,

Иман тIинкIе, Аллагь,

Дирги рекIелъе,

Метер МахIшаралда,

Доб ГIарасалда,

ГурхIел гьабе, Аллагь

Дур умматалда.

 

ПатIимат ХIамзатова,

Рихьуниб росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...