Аслияб гьумералде

Игьалиса ГIусманил Тажудин

Игьалиса ГIусманил Тажудин

Игьалиса ГIусманил Тажудин

Цересел гIасрабаз Игьалир рахъарал исламиял гIалимзабазул сияхIалда мустахIикъаб бакI кколаан, жиндир хIал алжаналъул батаяв ГIусманил Тажудиница.

 

Игьали гуребги сверухъ ругел районазул росабалъги цIар рагIарав гIалимчи вукIанила Тажудинилан бицуна чIахIиял чагIаз. Гьавун вуго Тажудин 1907 соналъ Игьали росулъ. КинабгIаги гьабулеб ишалде рокьи гьечIони гьелъул букIине кколеб рахъи, щвалде щвараб хIасил кколаро. Дагьа-макъабниги цIаларав эмен вукIиналъги, лъимерлъудаго гьесул щвараб исламияб тарбиялъги, Аллагьасукьа хIинкъиялъул асаралъги, гьитIинго бижун буго Тажудинилъ исламияб гIелмуялдехун рокьи. Доб пачаясул заманалдаго тIоцебе Дагъистаналде къираат босун вачIарав чи вукIун вуго МуртазахIажи абун, гьаниса гIарабиялъе ун, добаго чIараб хъизамалъул чи. Гьелде щвезегIан, гьаниб бицен буго, исламиял гIалмзабазухъ къираат букIун гьечIилан. Гьесда цеве цIалун вуго Тажудин тIоцеве 6-7 сон барав чи.

 Аргъванив вукIун вуго КIудияв ХъазамихIажи абун цIаларав чи, хадубги, 9 сон барав чи эбел-инсуца витIун вуго гьесда цеве цIализе. ЧIарбида херги тIибитIараб рокъоб, хIедул чирахъазул канлъухъе цIалулев чанго чи вукIун вуго гьенив. ЦохIо гурого васги вукIинчIого, эбел Урузмаг уней йикIун йиго Тажудинида хадуй гьение зама-заманалда гьесие кваназе жоги, мохмохил рачIги, тIохол раччиги босун.

Гьей ячIиндал ХъазамихIажица абулеб букIун буго васасда йихьизе бокьилароанинха Урузмаг жиндие мун, гьесул рокъобе ракI тIамилебилан хIинкъун. Гьединаб тIалаб эбелалъул букIинчIебани гьесул гIалимчи вахъине вукIинчIин абулеб букIун буго гIадамаз. Анлъго соналъ Аргъванивги цIалун, хадуб 3 соналъ Харахьив ГIисахIажияв абурав гIалимчиясда цеве цIалун вуго, цинги дагьабго заманаялъ ГIашилтIаса КъурбангIалида цеве. Хадувги лъарагIлъиялде - Эрпеливе ун, гьенибги бан буго дагьабго заман, гьениса лъан буго гьесда лъарагI мацIги.

Хадуб, хъизан гьабурав гIолохъанчи, росуцоял Исрапил МухIаммадгун ва ГIабдурахIимил МухIаммадгун цадахъ ун вуго КъахIиса ХIасан-афандихъе тIарикъат босизе. Исламияб гуребги, светияб лъаялъул рахъалъги Тажудин вукIун вуго цогидаздаса нахъе кколарев чи, хасго хIисаб гIелмуялъе. Доб заманалда лъай бугел чагIиги дагь рукIун, жиндирго исламияб гIелмуялъул рахъалде щаклъиги ккечIого букIинелъун, гьес гьабун буго председательлъиги, бухгалтерлъиги. Гьедин Унсоколо районалъул росабалъе ун, цо лъарагIасги гьесги ревизиял гьарун, тIаде ккараб налъи гIайибиязда бецIизабун гьабулеб букIун буго.

1935-37 соназ, росулъа бачIараб гIарзаялда рекъон, «ХIукумат тIаса рехизе ургъулел рукIун ругилан» гIайибги гIунтIизабун ккун арал росуцоязул къокъаялда гьоркьов вукIун вуго Тажудинги. Туснахъалъуб 5 сонги бан тIадвуссун вачIиндалги гьесул букIуна цIакъ рахIат гьечIеб гIумро: кидагосел цIех-рехалги, халкквеялги, зама-заманалда рачIун тIоритIулел чIухьбаялги. Цо-цо гьесда «чIорал речIчIулелги» камулароанила.

 

«Жинца кодоб ярагъ кьун кьвагьизе малъаразги

Жиндир каранде битIун ишан босун батула»,

- ян абулеб букIун буго Тажудиница.

Жидерго ругьунаб пиша тезе кIоларел «кIихIатIилал хъурмазул» хъубал мацIазул цIал щола нахъеги МелъелтIа бухгалтерлъун хIалтIулев вукIарав Тажудиниде. ГIарабиялъе кIалъалеб рация бугилан, гьезулгун бухьен рагIулин дурилан, «изменник Родиныйилан», «иностранный агентилан» кодоб босизе гIоркь гурел, гIодор лъезе тIину гурел, кьучIго гьечIел гIайибалги гIунтIизарун, Ростовалъул Рагъулаб трибуналалъул хIукмуялда рекъон, витIун вуго Тажудин нахъеги туснахъалде ва гьениб бан буго 7 сон. Ккун вачун аралдаса хабарго къотIидал, судго гьабичIого чIвазе къотIаравин букIун буго бицен росулъ тIибитIун. Инсуца бицунаанилан, ракIалде щвезабулеб буго вас АхIмадица, Иркутскиялда тIоцебесеб 3 моцIгIан заманаялъ карцералъув тIамун вукIанила жив жаниб накахъе бахинегIан лъимги бугеб, гIодов чIезе ресги гьечIеб, вахъун чIани мокърукь бетIерги тункулеб бакIалда. Щибаб 15 минуталдасан нуцIида бахъараб гьитIинабго картIинисан ахIулеб букIун буго «гIайибалъе мукIурлъизе вугищан?»

Цо къоялъ къададехун мугъги чIван гъапуллъун кколев чиясда цеве вачIанила жиндирго устар ХIасан-афанди ва абунила: «Я гъарин, Тажудин, дуца Шамсул МагIарифалда цIалун букIараб «Я ЛатIиф!», «Я ЛатIиф!», «Я ЛатIиф!» абейила 80 азарго нухалъ». Гьеб къадар гIезелъун тIокIаб ресги букIинчIого, къадада хъвай-хъвагIай гьабизе хIажат букIанила къалам яги цоги щиб бугониги бегIераб жо. Цого-цо гъажалда балеб сагIат букIун буго гьесухъ кодоб тун. КIалтIа тарав хъаравуласе гьебги кьун, гьес босун бачIараб магIица, щибаб нусго доб калам абунщинахъе цо-цо хIучч цIалеб букIун буго къадада, рикIкIен къосунгутIизе. 50 азаргоялде рикIкIен щолаго, «Османов, на выход!» абун ахIулеб гьаракь рагIун буго гьесда. Кин бугониги, щибго хIужа гьечIеб такъсиралъе гьав мукIурлъуларевлъи лъан, бичIчIун батилаха, карцералъуса къватIивеги виччан, цIараб болжал лъугIизегIан лъикIаб хIалтIуда, складалда танила, жанир ругел цоги-цогиязда цIех-рех гьабидал хъвай-цIали бугев гьев ватидал.

Анкьго сон туснахъалдаги бан, эркен гьавиялда цадахъ гьесие кьун буго гIайибго гьечIого жанив тIамиялъухъ гьев хIалтIулеб бакIалда щвезе кколеб букIараб мухьги. КIиго тIину бугеб чумадан букIанила рокъове виччалеб мехалда гьес цадахъ босун бачIунеб, гъоркьияб тIинуялда доб гIарацги лъун, тIадехун гIиси-бикъинаб парта-магIалги лъун, жиндаго щивго щаклъичIого вукIинелъун, бахчичIого, цебе рехун толеб букIун буго чумаданги. Къали гIадин лъугьун гьорон бохдулгун вачIун вуго гьев кIиабилеб нухалда туснахъалдаса.

 Рокъове тIадвуссун хадубги кидагосеб халкквей букIун буго Тажудинида хадуб

КГБялъулаз, зама-заманалда рачIун, чIухьбалеб букIун буго рукъзабахъ. Гьедин бугониги, балъго-гIатIгоги, гьесухъе хьвадун исламияб лъай тIалаб гьабулелги камулароанила росуцоязда гъорлъ.

Гьесул яс ПатIиматица бицана гIемерал исламиял тIахьал рукIанила инсул, гьел чIухь балезухъе щвечIого рукIинелъун цо донкI букIанила азбаралда бухъараб, гьебги кIиго тIину бугеб, гъоркьияб рахъалда тIахьалги рахчун, тIаде херги бан, харда тIадеги, щаклъичIого рукIине картошка-ламадурги бан. Рокъоре жанире лъугьунаго лъалаанила гьесда хасияталъухъ балагьун, щиб къваригIелалъ, щиб мурадгун рачIарал чагIи гьелали. ТIахьаздасан хIукму къотIизеги, унтаразе сабабал хъвазеги, загIипазе дугIа гьабураб лъим кьезеги, ригьин биххарал рекъезаризеги, рагъаразда гьоркьоб маслихIат гьабизеги рачIунаанила гьесухъе къватIи-къватIисаги гIадамал. БичIчIулареб яги щаклъи ккараб жоялда хурхун суал кьуни, пуланаб тIехьалъул, пуланаб гьумералде балагьеян абулаанила.

ХIежалъухъ ракI биун холев вукIунаанила эменилан бицана ПатIиматица, хIежалъул моцI бачIиндал гьарщун магIилги тIун гIодулаанила гьев.

Цо къоялъ гьесул хIужраялъул кIалтIасан уней йикIарай жий лъалхъанила гьенисан, хIайранаб гьаракьалъ ахIулеб шигIруги рагIун, ракIалда чIанила гьал рагIаби:

 

Ихдаде рачIунел берцинал хIанчIи,

Дир салам босун щва Ясрибалдехун!

Расул жанив вугеб Къубаялде ун,

Къварид танин дунин бицен ккезабе!

 

Цебеккун гIемер къулчIизе ккараб гIакъуба-гIазабалъги, кидагосеб рахIат гьечIеб гIумруялъги рекIел унтиги ккун, 1970 соналъ, 63 сонил ригьалда къадаралде щун вуго Тажудин. Гьес абулеб букIун буго гьаб дунялалда МухIаммад аварагас ﷺ баралдаса цIикIкIун сонал разе бокьилароанин жиндиейилан. Дол, жинда нахъасан гIарзал хъварал гIадамалги лъалаанила гьесда, хвелалде цеве гьездаса тIасаги лъугьанила гьев. Хун хадурцин рачIун рукIанила гьесул цIех-рехалъ КГБялъул хIалтIухъабиян бицана ПатIиматица.

ЛъикIаб, гIадамал бахилаб исламияб тарбияги кьун гIезаруна Тажудиница лъималги. Как-кIалалда жанибги, Къуръан цIалулагоги, жеги ниж гьитIинго ругеб мехалдаян ракIалде щвезабулеб буго ПатIиматица, мухIканлъи, дуруслъи тIалаб гьабулаанила жидедаса. Кинаб бугониги тIаса-масаголъи биччалароанила инсуца. ЦIалулеб Къуръаналъулъ гъалатI биччани, чанго нухалда тIад-тIадруссун цIализабулаанила, какил шурутIазулъ дагьабниги щаклъи бугеб жо ккани щугоги, анцIгоги нухалда базе тIамулаанила.

Исламиял гIалимзабазда гьоркьов гIезегIан къадру-къиматалда вукIана, араб соналъ Аллагьасул къадар щун нилъедаса ватIалъарав, Тажудинил бищун кIудияв вас МухIамад. Росдал динияб гIумруялъулъ киданиги кIочене рес гьечIеб ва реццалъе мустахIикъаб бутIа лъолеб буго Тажудинил ПатIиматица ва гьелъие кваранаб кверлъун чIарай гьитIинай яц Хадижатица. Гьез цебехъанлъи гьабула росулъ руччабазда гьоркьоб тIоритIулел киналгIаги исламиял тадбиразеги, диниял байрамаздаги, диналда хурхун руччаби цолъизариялъул ва гьезул ракIазулъ иман щулалъизабиялъул мурадалда тIоритIулел бичIчIи кьеялъул хIалтIабазулъги. ПатIиматил яс Аминатица росдал мадрасаялда Къуръан цIализе малъула гIисинал ясазда.

 

Магьди ГIабдурахIманов,

 

Игьали росу

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...