Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

РитIучIазул къиса

 

Бусурбабазул эбел Умму-Саламатидаса бицана: «Цо нухалъ Бичасул Расул авлахъалда вукIаго гьесда рагIана гьаракь: «Я Бичасул Авараг! Я Бичасул Авараг!» - ан ахIулеб. Аллагьасул Расул ﷺ сверухъе валагьана ва щибниги бихьичIо.

 

Гьев цодагьав довегIан индал, цIидасан рагIана ахIулеб гьаракь. Аллагьасул Расул ﷺ нахъеги сверухъе валагьана ва щибниги бихьичIо. Гьеб гьаракь цIидасанги такрарлъана. Гьеб гьаркьихъе индал Авараг ﷺ тIаде ккана кварица бухьараб ритIучIалде, гьелдаса гIемер рикIкIад гьечIого, ракьалда тIадги вегун, бакъукь кьижун вугоан гIалхул гIарабиявги. Халкъалъул Хириясдехунги ﷺ буссун ритIучIалъ абуна: «Я Аллагьасул Расул, гьав гIарабияс ккуна дун дагьаб цебе. Дир буго кIиго гьитIинаб тIинчI, дуца биччаларищ дун, гьеб кIиябго тIинчIги кваназабун, бачIине?» – ян. Аварагас ﷺ гьикъана: «Унго, бачIинищха мун?» – илан. РитIучIалъ жаваб гьабуна: «Аллагьас дие магъало бакIарулев чиясе гIадинаб гIазаб гьабеги, дун бачIинчIони», – ян. Аллагьасул Расулас ﷺ гьеб бичана ва ритIучI ана. ГIемер мех бачIого тIанчIалги кваназарун гьеб тIадбуссана. Авараг ﷺ лъугьана гьеб букIахъе бухьине ва гьеб мехалъ гIалхул гIарабияв макьидаса ворчIана ва ХIабиб ﷺ вихьидал гьес абуна: «Дир эбел-эмен дуе къурбанлъаги, я Бичасул Авараг! Дихъе гьеб кквезе щвана дагьалъ цебе, дуе хIажат бугищ гьеб?» – илан. Аварагас ﷺ бугилан абуна. ГIарабияс абуна гьанже гьеб дур бугилан. Халкъалъул Хирияс ﷺ ритIучI цIидасан бичана ва биччан тана. РитIучI бохун кIанцIана ва абуна: «Дица нугIлъи гьабула жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибниги гьечIин, цохIо Аллагь гурони ва гьединго нугIлъи гьабула мунги Гьесул чапар вугилан», - абун. (Абу НугIайм, ТIабарани Байгьакъи).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...