Аслияб гьумералде

Казбекалъулалгун дандчIвана

Казбекалъулалгун дандчIвана

Казбекалъулалгун дандчIвана

Дагъистаналъул муфтияталда республикаялъул рухIияв цевехъан, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Казбек районалдаса делегациягун.

Делегациялда гьоркьор рукIана диниял хIаракатчагIи, жамагIатчагIи ва цIикIкIараб ригьалде рахарал.

Муфтияталъул хIалтIухъабаз гьезие бицана гьабураб ва гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Муфтиясин абуни гьезие баркала кьуна халкъалда гьоркьоб гьабулеб бугеб лъикIаб хIалтIухъ. Гьединго, шайихас гьел ахIана гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай ва тарбия кьеялда тIадчIей гьабиялдеги.

ДандчIваялда муфтияс бицана рахьдал мацIал цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ ва абуна гьеб мурадгун гъоркьиса риидалилал курсазде рачIарал лъималазе рикьизе къватIире риччан рукIанин миллиял мацIазда рахъарал тIахьалгийилан.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...