Суал-жаваб
Щаклъи бугев чияс тӀадецуйги гьабун мукӀурлъи шаргӀалъул къануназда рекъон къабул гьабулищ?
Цониги чиясда цӀогь гьаби гӀадаб жо щаклъи тIаде бачIани ва гьесдехун зулму хӀалтӀизабуни, гьелдаса хадуб гьев мукӀурлъани, гьеб мукӀурлъи хӀакъикъияблъун рикӀкӀунаро. Хасго гьеб щаклъи жинда бугев чиясда якъинго бичӀчӀулеб батани, жинда зулму гьабизе бугеблъи жив мукIурлъизегIан.
(«ИгIанатул ТIалибин», бутIа 3)
ЗухIаялъул как кин балеб? Гьелъие бихьизабураб хасаб заман бугищ?
Жиделъ жамагIат бихьизабичIеб суннатал каказдасан ккола зухIаялъул как. Гьелъул гIужги, бакъ баккун хочол къадаралде гьеб борхидал, байбихьула (гIага-шагарго 20 минуталдасан) ва бакъалъ зобалъул бакьулъа бакI бахиндал, заманги лъугIула.
ЗухIаялъул какил бищун дагьаб кIиго ракагIат ва бищун цIикIкIун 12 ракагIат бала. КIиго ракагIаталдаса цIикIкIун балес цо саламалдалъун киналго ракагIатал цадахъго разе бегьула, амма кIи-кIи ракагIаталдасан салам кьун базе беццараб буго.
Щибаб зухIаялъул какалъе ният гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна суннатаб зухIаялъул кIиго ракагIаталъул как базе», - ян. АлхIамалда хадуб тIоцебесеб ракагIаталда суратул «Кафирун», кIиабилелда - суратул «Ихлас» цIализеги лъикIаб буго.
Абу Зар Гъифариясдасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Рогьел баккаралдаса нужер щивасда щибаб лага рикIкIун садакъа кьезе бихьизабун буго. Щибаб тасбихI гьаби (субхIаналлагь аби) садакъа ккола, щибаб хIамд (алхIамдулиллагь аби) садакъа ккола, «ла илагьа илла ллагь» аби садакъа ккола. ЛъикIалде гьесизари ва квешалдаса нахъчIвай садакъа ккола. Цебе рехсараб гьеб кинабго жанибе бачуна кIиго ракагIаталъул бараб зухIаялъул какалъ.
(«ТухIфатул МухIтаж»)
Какие чурулаго пуланаб лага чурарабдайин абун щаклъи ккани, щиб гьабилеб?
Какие чурулаго тIубараб лага чуричIин абун щаклъи бачIани, тIадги вуссун, щаклъи бачIараб лагаялдаса байбихьун чурун лъугIизабула. Масала, хIатIал чурулаго щаклъи бачIани бетIералда масхIу гьабурабдайин абун, гьесда тIадаб буго бетIералде вуссине ва масхIу гьабизе. Хадуб хIатIалги чуризе.
Какие чурун лъугIидал щаклъани, бергьараб рагIиялда рекъон, какие чури рикIкIуна ва цIидасан чуризе кколаро.
Кинниги лагаялъул цо бакI чуричIин абун щаклъани, батIалъи гьечIо, какие чурулеб мехалъ яги лъугIун хадуб - гьеб рикIкIуна. Масала, гьумер чурун хадуб щаклъани цо бакI хутIанадайин абун.
(«ТIухIфатул МухIтаж», 1 бутIа)
Лъазе бокьилаан сивак бахъиялдалъун инсанасе щолел пайдаби ругищали?
Сивак бахъиялъул гIемерал пайдаби руго. ГIалимзабаз лъабкъоялда анцIила хадур рехсон руго гьелъул пайдаби. «ИгIанату ТIалибин» абулеб тIехьалда цо чанго гьел рехсон руго: кIал бацIцIад гьаби, Аллагь ﷻ рази гьави, цаби хъахI гьари, кIалзул хIухьелалъул махI берцин гьаби, мугъ битIизаби, хъахIаб рас бакки нахъбахъи, цIодорлъи цIикIкIинаби, кири гIемер гьаби, рухI бахъи бигьа гьаби, хвалда аскIоб шагьадат ракIалда щвей, даимго сивакалда тIадчIей гьабуни бечелъи ва ризкъиялъул гIатIилъи, ботIрол унти чIезаби, бетIералда жаниб бугеб кинабго заралияб жо нахъе инаби. ГIусал-цаби щула гьари, берзул канлъи цIикIкIинаби, лъикIал гIамалал цIикIкIинари, малаикзаби рохизари, гьесул гьумералда нур букIиналъ малаикзабаца гьесда дандчIвай гьаби ва гьез гьев мажгиталде унаго нухда регIи, Къиямасеб къоялъ гIамал хъвараб кагъат кваранаб рахъалдасан кьей, жузам унти инаби, боцIи ва лъимал камил гьари, хабалъ ракIгъезаби, гьесухъе Малакул мавт рухI бахъизе вачIунаго берцинаб сураталда вачIин.
(«ИгIанату ТIалибин)
БитӀараб бугищ васият гьабичӀого чи хвани, ахираталда кӀалъазе кIоларин абураб жо?
Васият гьабичӀого хварав чиясда ахираталда кӀалъазе кӀоларин абураб жоялъе чӀванкъотӀараб далил гьечӀо. Васият гьабичӀого хварав чи ахираталда кӀалъаларин яги цогидазухъе зиярат гьабизе гьечӀин абураб цо-цо гӀалимзабазул рагIи хурхараб буго васият гьабизе тӀадаб букӀарав чиясда.
Васият ккола суннатаб жо, амма цо-цо мехалъ гьеб тӀадаб букӀуна. Масала, чиясда налъи букӀун, гьеб лъиданиги лъалареб мехалъ, гьесда тIадаб буго лъазабизе яги васият хъвазе.
(«Бугъятул мустаршидин», гьум. 230)
Хабалазда бижараб хер бецизе бегьулищ? Нижехъ, бегьуларинги абун, бецизе биччаларо?
Хобалда тIад бижун бугони гъветI ялъуни хер, гIурччинго бугебгIан заманалъ гьеб къотIизе ва бецизе лъикIаб гьечIо, карагьатаб буго, гьелъ тасбихI гьабулеб букIиналъ. Бакъвараб хер бугони, бецизе бегьула. Ибну ХIажарица гIурччинго букIаго хер бецизе хIарамаб бугинцин бичIчIизабуна. Бециялдалъун гьелъул хварасе бугеб тасбихIалдаса нилъеца гьев махIрум гьабулев вугин абун. Ибну ГIабасица бицараб хIадисалда буго авараг ﷺ кIиго хобалда аскIосан унаго гьес ﷺ пальмадул гъотIол гIаркьел босейинги абун, кIийидеги бекун, гьезул щибаб хабалазда тIад къазабунин. Гьелъул хIикматалдаса цIехедалги, гьес абунин буго: «Хьул буго гьал гIаркьалаби ракъвазегIан гьезие гьабулеб гIакъуба бигьа гьабилин», - абун («СахIихIул Бухари»). Гьаб буго хобалда тIад бижаралъул хIукму. Амма хобазда гьоркьоб яги хабалазе бихьизабураб бакIалда бижараб хер, гъветI бецизе ва къотIизе бегьунгутIи гьечIо.
АсхIабзабаз аварагасул ﷺ гIетI мискалъе хIалтIизабулеб букIанищ?
Анас асхIабасдаса Муслимица бицараб хIадисалда абулеб буго авараг ﷺ вукIанин гIетI гIемеравилан. Гьесул ﷺ гьурмада бараб гIетI букIунаанин абулеб буго якъуталда релълъараб, бищун махI гьуинал мисказдасаги берцинаб махI бугеб.
ВахIю рещтIунеб мехалда авараг ﷺ вукIунаан бакIаб хIал тIаде бачIун лъугьунев, цIорораб бакIалда вугониги якъуталъул гараз гIадин нодоги гIетIул цIолев. Гьединаб хIал лъугьараб мехалъ гьев ﷺ Уму-Сулаймида аскIове унаан ва бигьалъи лъугьунаан. Уму-Сулаймица аварагасдаﷺ бараб гIетI данде гьабун мискалъе хIалтIизабулаан. Гьеб данде гьабиялъул хIакъалъулъ аварагас ﷺ цIехараб мехалъ, Уму-Сулаймица абун буго: «Дур гIетI буго бищун махI берцинабги мискалдаса лъикIаб. Нижеца гьеб мискалъул гъутугъалъубе гьабула», - ян.
Цоги риваяталда абулеб буго гьелъул хIакъалъулъ аварагас ﷺ цIехараб мехалъ гьелъ абунин: «Я, Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, нижерго лъималазе гьелъул баракаталде хьул букIуна», - ян. Цинги аварагасги абураб: «Дуца тIе», - ян (гьедин бакIарараб гIетI мискалъул гъутугъалъубе бачейин).
Абу-ЯгIла ва ТIабаранияс бицараб къисаялда абулеб буго аварагасухъе ﷺ рачIанин цоял, жидер яс ригьнаде кьолеб мехалъ кумек тIалаб гьабун. Гьезие кьезе жоги гьечIого аварагас ﷺ абун буго гьитIинабго шиша босейин ва жиндирго килищалдалъун данде гьабун гIетI кьунбуго.
«Нуж а, гьалдалъун махIги гьабе», - ян абунги буго. Гьей бахIарай йикIун йиго жинца гьеб зама-заманалдасан хIалтIизабулей. Гьелъул махI абуни Мадиналъул агьлуялдаго чIвалеб букIунги буго. Цинги гIадамаз гьезул рукъалда цIарги лъун букIана «Миск хIалтIизабулезул рукъ», - ин.