Аслияб гьумералде

ЦIодорлъи гьабе

ЦIодорлъи гьабе

ЦIодорлъи гьабе

ХIурматиял бусурбаби, ахирал къояз нилъеда гIемер рагIулеб буго бакI-бакIазда цIаял ккун, газ кьвагьун, гьединго, рокъор ругел цогидал алатал рухIиялъул хIужаби. Гьеб кинабго буго хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул къагIидаби нилъеца гIадахъ росичIого теялъул хIасил. Гьединаб тIаса-масагояб бербалагьи сабаблъун кколеб буго рукъ-бакIалъе, мина-къайиялъе, хIатта инсанасул гIумруялъе зарал ккеялъе. Гьал къоязда гьединаб лъугьа-бахъиналъул нугIзаллъунги ккана нилъ.

 

ЦIодорлъиялъ ккураб жо бугин чанилан абураб аби буго магIарулазул. Амма нилъеда кколе-толеб жо, нилъее гуреб цогидазе ккелин абун ракIалде бачIунеб буго. Гьединаб тасамахIлъи гьаби шаргIалъ къабул гьабулеб нух гуро. Кинаб батаниги гьелъул иш мухIканго лъалел, гьелъул хIалбихьи бугез рихьизарурал малъа-хъваял цIуни тIадаб буго шаргIалдаги. Шайгурелъул гьеб буго тIаде бачIине рес бугеб заралалдаса нилъго цIуни. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абун буго: «Нужеца нужерго квераздалъун нафсал гьалаглъиялде рехуге», - ян (ал-Бакъарат, аят 195). Нилъерго заралалдаса цIунизениги цIодорлъи букIине ккела щивав чиясул.

Цоги, гьаб заманалда цIакъ гIемераб зигара буго гIадамазул ток свинабулеб бугин абураб. Хабар бицанагIан халалъулеб жо буго. Амма гьелъул специалистазда гIилла цIехедал, гьез абулеб буго, гьаб заманалда, хасго МахIачхъалаялда ругел токалъул мухъал, алатал ругила чанго анцIго соналъ церего лъурал. Гьанже заманалъул тIадецуй гьезда хIехьезе кIоларила. Гьелъул хIасилалда тIубараб подстанцияго бухIарал хIужабиги ругила. Гьединлъидал, хIалуцин ккечIого букIине, тIубанго кIудияб заралдаса цIунизе, бакI-бакIазда гьоркьо-гьоркьоб ток къай битIараблъун бихьун гьабулеб бугин абун.

 

 

 

Аллагьас кьураб нигIмат хIехьеларин яги цо дагьабгIаги лазатбахъи баччиларин чIезе бегьулищ нилъ?

 

 

 

Нилъин абун кутакалда сабру тIагIун лъугьуна. КIалалде бачIараб чорокабгун бацIцIадаб калам гьабула. Нухал къазе рортула ва цогидалги ишал гьаризе ургъула. РачIаха гьединаб хьвади шаргIалъул цIадирабазда лъелин. Кинаб пайда бугеб рагъигун хьандеялъул? КинабгIаги гьечIо. Щиб кьезе бугеб нилъеца ахIи-хIур бахъинабуни, гIадамал ракIарани? Нилъерго гIазизаб гIумру гIадада хвезаби гурони, щибго хайир гьечIо.

ГьедигIан сабру гьечIого кин рукIине бегьулел нилъеего пайдаялъе гьабулеб гьебги букIаго. Сундухъго гIенеккичIого, жидее ток чIезабеян лъугьаразул трансформатор кьвагьанагури. Амма гьел чIезе ккана тIубараб моцIицаги, гьеб къачIазегIан. Гьедин букIуна берцинго бицараб мацI бичIчIуларезул.

Балагье ва пикру гьабе умумузул. Кида гьезие ток щвараб, хинаб рукъ букIанищ гьезул? Аллагьас кьураб нигIмат хIехьеларин яги цо дагьабгIаги лазатбахъи баччиларин чIезе бегьулищ нилъ? Гьедин ругони, дагьабги кIудияб балагь бачIиналдаса лъица кьун бугеб божилъи?

ХIурматиял диналъул вацал, рачIа цоцалъ рекъон ва сабруялда, цо эбелалъул лъимал гIадин рукIинин.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...