Аслияб гьумералде

РухIияб сахлъи цIуни

РухIияб сахлъи цIуни

РухIияб сахлъи цIуни

Устар кквей тIадаб букIи-налъе накълияб хIужа щиб?

 

Къуръаналдаги, хIади-салдаги, имамзабазул каламалъулъги цIакъ гIемерал хIужаби руго гьелъие. Масала, Къуръаналда буго (магIна): «Нуж ритIарал гIадамалгун рукIа», - ян (сура «ат-Тавбат», аят 119). Гьединго ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «Дидехун руссарал тIагIат-гIибадаталда тIадчIарал гIадамазул нухда нуж нахърилълъа», - ян (сурат «аль-Лукъман», аят 15).

 

«Къаси-къад Аллагьасда гьардолел, Аллагь разилъи мурад бугел гIадамазда аскIов чIа», - янги буго (суратул «Кагьфи», аят 28).

Гьединго руго гIемерал хIадисал лъикIал гIадамазулгун гьоркьоблъи гьабиялде ахIулел. Масала, чи жиндирго гьудуласул диналда вукIунин абураб Абу-Давудицаги Тирмизиясги бицараб хIадис.

Абу-ЯгIлаца кьучIал гIада-маздалъун бицараб хIадисалда буго, цояс гьикъанила: «Я Аллагьасул расул, бищун ниж гIодор чIезе лъикIав чи щив кколев?» - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Жив вихьиялъ нужеда Аллагь ракIалде щвезавулев чи вуго», - ян.

Ункъабго мазгьабалъул гIалимзабазги тIахьазда хъван буго устар кквезе щивасда тIадаб бугин абун.

ТIаде-тIадеги Къуръаналъул аяталги, Аварагасул ﷺ хIадисалги, имамзабаз абулел рагIабиги, устар кквей тIадаб букIиналъе хIужалъун ругел, гьел лъазе бокьараз цIале, мисалалъе, «ХIакъаикъун гIани ттасаввуф» абураб тIехь, гьумер 41-75.

Гьелда тIадеги ислам бачIараб къоялдаса нахъе жакъалъизегIан исламияб уммат хIажалъичIищ иманалъул аслаби халкъалда ричIчIизарун исламалъул ахIкамал ричIчIизарулел гIалимзабазде. Гьединго уммат хIажалъула ихIсаналде халкъ ахIулел вализабаздеги шайихзабаздеги. Гьелда тIадеги, Аллагьас МухIаммад Аварагасде ﷺ вахIю босун ЖабрагIил малаик хьвадизавуна, асхIабзаби Аварагасде ﷺ хIажалъана, табигIинал асхIабзабазде хIажалъана. Аллагьасда кIолеб букIинчIищ гьоркьоб васитIа гьечIого МухIаммад Аварагасде ﷺ вахIю Къуръан рещтIинабизе, Авараг ﷺ гьоркьов гьечIого асхIабзабазда Къуръанги шаргIги бичIчIизабизе, асхIабзаби гьечIого табигIинал тIоритIизе. Аллагьас жиндир хIикматалдалъун гьабураб васитIа нахъчIвазе бегьилищ?

 

Къуръан-хIадис букIаго устарасде хIажалъи кинаб бугеб?

Къуръан-хIадисалъул мисал буго къваригIаралщинал дарабаз цIураб рукъалъул мисал. Дарабазул цIураб рокъовеги лъугьун, унтарав чияс жиндаго лъикI бихьараб дару хIалтIизабуни, щиб кколеб? Дарабазул гIелмуги лъалев, унтарасул хIалги бичIчIулев, рекъарасе рекъараб дару кьолев тохтур хIажалъулев гIадин, бусурбанчиясеги Къуръан-хIадисалдасаги босун, гьесул хIалалда рекъараб дару гьабулев тохтур хIажалъула.

 

Устар кквеялъул пайда кинаб бугеб?

Устар ккурав чиясе жиндирго устар вокьула ва гьеб рахас Аварагасде ﷺ уна. Гьел рокьарав чи Къиямасеб къоялъ гьелгун тIадеги вахъуна. Мун ахираталда дуего вокьарав чигун вукIине вугилан хIадисги бугелъул. Гьединго устарас тIадкъараб жо: зикру, ссалат, истигъфар муридас гьоркьоса къотIичIого хIалтIизабула. Гьоркьоса къотIичIого гьабулеб гIамал Аллагьасе бищун бокьулилан абураб кьучIаб хIадисги буго.

Гьединго устар ккурав чияс цогидаздаса цIикIкIун гIемер Аллагь рехсола, Аварагасде ﷺ свалават битIула, истигъфар-тавбу гьабула. Гьаб лъабабго жоялъул хиралъи бицун рачIарал Къуръаналъул аяталги, Аварагасул ﷺ хIадисалги руго. Гьединго устар ккурав чияс лъикIал гIадамал рехсола, лъикIал гIадамал рехсолеб мехалъ Аллагьасул рахIматал рещтIунилан абуна Суфян бину ГIуяйнатица.

 

ТIарикъаталда ругезги мунагьал гьарула...

Кинавниги чи сахлъулев гьечIин, цо-цоял холел ругиланги абун больницабиги къалеб тохтурлъиги гьереси гьабулеб гIадат гьечIо.

Гьединго тIарикъаталде лъугьарав щивав чиги мунагьаздаса цIунуларо. Мунагь лъугьунгутIиги аварагзабазда хасаб жо буго. Муридзабазул мунагьал лъугьиналухъ балагьун тIарикъат хIажатаб жо гуреблъиги чIезабуларо. ТIарикъаталъул пайдаги щвечIого кинго хутIуларо, гьесда ракIги чIун устарасухъе арав чиясе. ТIарикъаталъ гIемерал гIадамал чIахIиял мунагьаздаса цIунула, киналго чIахIиял мунагьаздаса цIуничIезулги мунагьал дагь гьарула. Мунагьал дагьлъизаричIел гIадамазулги, гьезул квешлъабазда данде Къиямасеб къоялъ цIадирабазда лъезе Аллагь рехсей, Аварагасде свалат битIи, истигъфара-тавбу гьаби, лъикIал гIадамал рокьи гIадал лъикIал гIамалал цIикIкIинарула. Гьесул гьел лъикIал гIамалазул цонигияб мунагьаздаса цIадирабазда цIикIкIани, гьев чи жужахIалдаса хвасарлъула. Къиямасеб къоялъ киналго мунагьалгун вачIиналдаса лъикIал гIамалалгун вачIин гIемерго лъикIаб буго. ТIарикъаталъул пайда кин щунги щвечIого хутIуларо.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...