Аслияб гьумералде

ХIадис тIибитIи

ХIадис тIибитIи

ХIадис тIибитIи

Цебеги букIана Аварагасул ﷺ хIадис къабул гьабулареб къосараб къавм. Гьединалго чагIи жакъаги камун гьечIо. Амма хIадис ккола, Къуръаналда хадуб, кIиабилеб далиллъун гIалимзабаз рикIкIараб хIужа. ГIалимзабаз абуна хIадис кколин Къуръан баян гьабулеб каламлъун. ХIакъикъаталдаги Къуръаналъул тафсирлъун ккола хIадис.

 

Аварагасул ﷺ заманалда Къуръан гурони хIадис хъвагеян абун букIана Хирияс ﷺ. Щайин абуни, Къуръанги хIадисги цоцалъ жубачIого букIине. Хадуб Къуръаналъул гIемерисеб рещтIиндал, Аварагас ﷺ ихтияр кьуна хIадисги хъвазе. Амма гьукъараб заманалдаги рукIана цо-цо асхIабзаби гьеб хъвалел. Мисалалъе, ГIабдуллагь ибну ГIамрие Аварагас ﷺ хIадис хъвазе ихтияр кьун букIана.

Авараг ﷺ накълулъидал цо-цо асхIабзабаз хъвалеб букIана. Гьебго заманалда гьеб хъвазе бокьичIел асхIабзабиги рукIана. Мисалалъе, Абубакар гIадинал чагIи. ЧIахIиял асхIабзаби цереса ине байбихьидал, хъвазе лъугьана хIадисал. Абугьурайратица 5374 хIадис бицана, ГIабдуллагь ибну ГIумарица бицана 2630 хIадис, Анас ибну Маликица 2286 хIадис, ГIаишатица бицана 2210 хIадис.

Цадахъго киналго хIадисал данде ракIаризе байбихьана МухIаммад ибн Муслим ибну Шигьаб Зугьрияс. Гьеб заманалда гьев вукIана кIудияв гIалимлъун. Халиф ГIумар ибну ГIабдулгIазизил амруялдалъун данде ракIаризе байбихьана гьел.

Гьелдаса хадуб гIемерал гIалимзабаз хIадисалъул тIахьал данде гьаруна. Масала, имам Бухарияс киналго хIадисазул тIахьал лъазаруна, амма гьезда жаниб батана кьучIалги загIипалги хIадисал. Гьеб гIиллаялъе гIоло имам Бухарияс гIицIго кьучIал хIадисазул тIехь данде гьабуна. Гьебго хIалтIи гьабуна имам Муслимицаги. Гьев ккола имам Бухариясул цIалдохъан.

Аварагасул ﷺ заманалда хIадис кьучIаб бугищали тIалаб гьабизе къварилъи букIинчIо. Ккараб ишкал яги хIадисалъул баян гьабизе Аварагасухъе ﷺ унел рукIана. Авараг ﷺ ва асхIабзаби накълулъидалин абуни загьирлъизе лъугьана къосарал къокъаби, ургъун рахъун хIадисал рицунел чагIи. Гьеб мехалда гIалимзаби хIажалъана хIадисалъул тIахьал ва гьел бицунел чагIазул цIарал лъазариялде. Гьелда абула иснадилан.

ГIалимзабаз хIадис бицунев щивав чиясул хIакъалъулъ баян кьуна ва божарав, гIадилав чи гьев вугищали лъазабуна. Цо хIадис тIалаб гьабизелъунцин гIураб нухги нахъа тун сапарал гьарулаан гIалимзабаз. Гьединаб захIмат бихьун щвезабуна гIалимзабаз нилъехъе Аварагасул ﷺ хIадисал.

Жакъа кутакалда цIодорлъи гьабизе ккола гьеб рахъалъ. Щайгурелъул Аварагас ﷺ кутакаб хIинкъи кьун бугелъул, жинца бицинчIеб жо бицунев чиясе жужахI бугинги абун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...