Аслияб гьумералде

Чорхол хъаравул

Чорхол хъаравул

Чорхол хъаравул

БетIергьанас инсанасул черх цIунун буго хасаб иммунитеталдалъун. Тохтурзабаз абула тIабигIияб куцалда иммунитет лъикIлъизабиялъе санагIалъаби гьаризе кколин абун. Циндаго иммунитет лъикI гьабулеб таблетка букIунаро. ГIаммаб куцалда гьеб лъикIлъизабиялъе кIвар бугел рахъал ккола къаси гIужда кьижи. Щайгурелъул, кьижараб мехалда чорхолъ лъугьунел руго иммунияб гIуцIиялъул клеткаби. Гьединго битIун кванай, хIалтIулгун хIалхьиялъул низам рекъезаби, вагъа-вачари цIикIкIинаби ва стрессалдаса цIунун чIей.

 

БитIун кванай

Витаминаздалъун ва макроэлементаздалъун бечедаб квен хIалтIизабила. Пихъалгун овощал щибаб къойил кванала.

 

Витаминал

Тохтурзабаз абула чара гьечIого витаминал хIалтIизаризе кколин абун. Гьаб заманалда витаминал гъорлъ ругеб квен цIакъго дагьлъун букIиналъ, витаминаздаса битIун пайда босизе ккола.

 

Физическияб рагъа-рачари

Рагъа-рачари цIикIкIинабила. Гьабила зарядка яги лъелго вилъина. Гьединаб мехалда чорхол къуват цIикIкIуна, бидулъ кислород гIемерлъула, макьу лъикIлъула ва кваназе гъира ккола. Анкьида жаниб лъабго нухалда 30-30 минуталъниги вилъанхъизе ккола инсан.

 

Къойилаб низам

ХIалтIулеб бакI, заман ва цогидал санагIалъаби рекъезаризе ккола лъикIаб сахлъи букIине бокьани.

 

Черх лъадари

Гьелъул къагIидаби батIи-батIиял руго. Щивасул ригьалде, сахлъиялде балагьун тохтурас бихьизабураб къагIидаялда гьабила.

 

Калимат Сиражудинова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...