Авараг ﷺ хира гьавураб сордо
Авараг ﷺ хира гьавураб сордо
Исраъ ккола сардил къокъаб заманалда жаниб свалат-салам лъеяв Авараг Маккаялъул Масжидул ХIарамалдаса Байтул Мукъаддасалде вачин.
МигIраж ккола Байтул Мукъаддасалдаса анкьалго зобалаздаса тIадехун свалат-салам лъеяв Авараг вачин.
Байтул Мукъаддас ккола Палестинаялда бугеб, дунялалда бищун хирияб лъабго мажгиталъул цояб. Маккаялдаса Байтул Мукъаддасалде моцIалъул лъелаб нух буго. Исраъалъул хIакъалъулъ Къуръаналъул аятги бачIана, хIадисалги руго.
X1акъикъаталдаги, МигIражгун Исраъ ккола нилъер Авараг ﷺ тIолго гIаламалдаса тIокI гьавулеб, лъиего кьечIеб тIадегIанаб даражалъун.
Гьеб сордо ккола ражаб моцIалъул къоло анкьабилеб. Гьеб сордоялъ нилъер хириясда ﷺ тIасиябги гъоркьиябги, гIаламалъул гIакълу хадуб гъоларел гIемерал хIикматал рихьизаруна, гIадамаз гьабураб гIамалалда рекъон гьезие гьабулеб жаза бихьизабуна, Алжан, жужахI, гIарш, курс, малаикзаби ва цогидалги хIикматал рихьизаруна.
Цинги, Байтул Мукъаддасалда вукIаго Аварагасухъе ﷺ алжаналъул жавгьар, якъут тIад бекьараб мали рещтIинабуна. Гьениса цо-цоккун зобалазул кавабиги рагьулаго, анкьалго зобалазде вачана.
ТIоцебесеб зобалда Адам (гl. c.) ватана, кIиабилелда ЯхIягун (гl. c.) ГIиса (гI. c.), лъабабилелда Юсуф (гI. c.), ункъабилелда Идрис (гI. c.), щуабилелда Гьарун (гI. c.), анлъабилелда Муса, анкьабилелда «Байтул МагIмуралда» мугъги цун, Ибрагьим (гI. c.) авараг ватана. АскIове щвара-щварав аварагас лъикI щваравин рохелги загьир гьабун нилъер Аварагасе ﷺ рецц гьабулеб букIана.
Цо-цо аварагзаби рихьана цадахъ чиго гьечIел, цо-цоял рихьана цадахъ гьитIинаб къокъа бугел. Цо-цоялги рихьана цадахъ гьитIинаб къавм бугел. Циндаго кинабго рахъ бахчизабулеб берда бихьанщинаб бакI цIезабун, гIемераб халкъ бихьана. Гьаб дур уммат бугин, гьал малъичIого тIадеги дур умматалъул 70 азарго чи щибго хIисаб-суал гьабичIого Алжаналде ине ругинги бицана. Ибрагьим аварагас (гI. c.) васият гьабун абуна: «Умматалда малъе Алжаналъул гъутIби гIемер чIе», - ян абун, ай «Ла хIавла ва ла къуввата илла биллагь» цIикIкIун абеян. Гьединго, «Байтул МагIмуралде» щибаб къоялъ 70 азарго малаик лъугьунев ватана, цо нухалъ лъугьарал малаикзаби гьениса тIадруссунелги гьечIоан.
ТIабранияс бицараб хIадисалда буго Малаул агIлаялде щвараб мехалъ ЖабрагIил малаик Аллагьасукьа ﷻ хIинкъун турараб палас гIадин лъугьанаян. Цинги, нилъер Авараг ﷺ Сидратул Мунтагьаян цIар бугеб гIажаибаб гъотIода аскIове вахинавуна. Гьеб гъотIол тIанхал ругоан пилалъул гIундузда релълъарал, цо-цо тIамахалъ дунялго бахчизабулел. Гьелда гъоркьан раккулел ратана кидаго махIцунареб лъелги, тIагIам хисулареб рахьдалги, лазатаб, амма мехтулареб чIагIдалги, бацIцIадаб гьацIулги Алжаналда рукIунел гIорал. Аллагьасул ﷻ нуралъ гьеб гъветI бахчизабуна ва жиндир берцинлъиялъул сипат гьабизе халкъалъул лъидаго хIалкIолареб гIадин лъугьана. Гьеб Сидратул Мунтагьаялда аскIов Аварагасе ﷺ жиндир хIакъикъияб сураталда ЖабрагIил малаик загьирлъана. Гьесда тIад 700 кваркьи букIана. Щибаб кваркьиялъ берда бихьулебщинаб бакI бахчизабулеб. Гьединго, гьеб сордоялъ свалат-салам лъеяв Авараг Алжаналде лъугьана. Гьенир ратана бераздаги рихьичIел, гIундуздаги рагIичIел, ракIалде ккезеги рес гьечIел нигIматал.
Цинги гьесда ТIадегIанав Аллагь ﷻ вихьана ва гьебсагIаталда Авараг ﷺ суждаялда речIчIана. «Я МухIаммад, дуца Дида гьаре», - ян ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьесда кIалъана. Гьеб мехалъ Авараг ﷺ гьесда кIалъана: «Я, Аллагь ﷻ, Дуца Ибрагьим халиллъун гьавуна, гьесие кIудияб ханлъиги кьуна. Мусада мун кIалъана...», - ва гьеб куцалда щивав аварагace кьурал тIокIлъаби рицана. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Я, МухIаммад, Дица мун ХIабиблъун вищана, тIолабго халкъалъухъе авараглъун витIана, дур рехсейги тIадегIан гьабуна, ай Дун рехсанщинахъе мунги рехсезе вуго дур умматалъ, дур умматги бищун хирияб умматлъун гьабуна. Цониги аварагасе кьечIеб «СабгIул масани» (АлхIам) абурал Къуръаналъул сураталги кьуна, Кавсарги кьуна, гьелда тIаде микьго жоги кьуна: ислам, гьижра, гъазават, садакъа, рамазаналъ кIал кквей, лъикIалдалъун амру, квешалдаса нагью гьаби, дудаги дур умматалдаги 50 какги тIад гьабуна...».
Гьединго цониги аварагасе кьечIеб нилъер Аварагасе ﷺ кьурал хаслъабаздасан ккола: гьесде Къуръан рещтIин, авалалда вижун ахирисев авараглъун витIи, тIолабго гIаламалъе рахIматлъун гьави, давла хIалал гьаби, кинабго ракь мажгитлъун гьаби (кив кканиги как базе бегьи), моцIрол манзилалда рикIкIад вугев тушман хIинкъи, напс къокъаб, магIна гъваридаб кIалъаялъе гьунар кьей, тIолго расулазул сайидлъун гьави, бищун кIудияб шапагIат: къиямасеб къоялъ киналго аварагзаби жиндир байрахъалда гъоркь чIезе рукIин, бижанщинаб гIаламалъ рецц гьабулеб макъамун МахIмуд, Алжаналда лъиего щолареб «василат» абулеб даража кьей гIадал.
Умматалда тIад лъураб 50 как, Муса аварагас (гI. с.) малъун, нилъер Аварагас ﷺ гьарун, щу-щуккун тlaca рехулаго, щуйиде ккезабуна. Амма кирийин абуни, камичIого 50 какил кьезе къотIи гьабуна.
Авараг ﷺ МигIражалдаса гьебго сордоялъ Маккаялде тIадвуссана.