Аслияб гьумералде

Гуккун ккезе гурин

Гуккун ккезе гурин

Гуккун ккезе гурин

Садакъаялъул хиралъи лъаларев чи ватиларо. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун садакъа сабаблъун нилъедаса балагьал нахъчIвала ва унтаби сах гьарула. Рукъалдаса ва агьлу-хъизамалдаса балагьал нахъчIвазе нилъее бокьани, садакъаялда тIадчIей гьабе. Гьеб буго кIудияб кири щолеб пиша. Садакъаялъ БетIергьанасул ццим бахъин инабула.

 

ТIоцебе нилъеда лъазе ккола ТIадегIанав Аллагь ﷻ Жиндие рекъолареб ва махлукъаталъул сипатаздаса вацIцIадав вукIин. Аллагьасул ﷻ ццим нахъе инабиялъул магIна ккола, Гьес тIаде тIамулеб балагьалдаса ва тамихIалдаса нилъ цIуни.

Зайнудин ГIабидиница абуна: «Къаси гьабураб садакъаялъ ТIадегIанав Аллагьасул ццим бахъин инабула», - ян.

Гьединго имам Къатадатица абуна: «Садакъаялъ квешал пишаби рацIцIуна, лъеца цIа свинабулеб гIадин», - ян.

Жакъа хIиллачагIи (мошенники) руго цIакъго гIемерлъун. Садакъа гьабулелъубги гIадамал гуккизе хIаракат бахъула гьез. ГIемерал чагIаз садакъа кьолеб буго кколареб бакIалде. Гьелъие гIиллаги бачуна гьарун вачIарав чи нахъчIвазе бегьуларин аби.

ГIиса аварагас абуна: «Щибниги жо гьечIев чи гьарун вачIиндал ва нахъги чIвани, гьеб рукъ анкьго къоялъ малаикзабаз сверун кколаро», - ян. Гьеб битIарабги буго. Амма гьелъул магIна ккола хIажатав чи нахъчIвани абураб. ХIиллачи нахъчIванин абун щибго букIунаро. ГIаксалда, гьезие кьезецин бегьуларо.

Жакъа хIиллачагIи гIемерлъиялъ гьел ратIарахъизе захIмалъулеб буго. Гьединлъидал, лъалезда цIехон тIалаб гьабила мухIканлъи. ХIатта гIарац картаялдасан кколареб бакIалде битIун, туснахъалъуре ккаралги руго. ЦIодорлъи гьабе, диналъул вацал ва яцал!

Бачинин цо мисал. Хасаб фондаялъул цIарги хъван, нухда чIун гIарац гьарулеб букIана гIолохъабазул цо къукъаялъ. Гьеб фондалъул хIалтIухъабазин абуни лъазабуна гьединаб къагIида жидеца хIалтIизабуларин абун. Гьебго абула цогидалги фондазул нухмалъулез. Гьеб мехалда бичIчIулеб буго нухазда чIарал хIиллачагIи рукIин.

Цере гьединал чагIи къанагIат гурони рукIинчIо. Гьанжейин абуни гIемерлъун руго. Гьелъин нилъецаги цIодорлъи гьабизе кколеб.

Цо-цоял ратула садакъаялъул кIварго гьабуларел. Гьеб хIинкъизе ккараб иш буго.

Аллагьас ﷻ цоял бечедаллъун цогидал мискиналлъун рижун руго. Гьедин ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьабуна бечедаз мискиназе кумек гьабизе букIине. Мискинзабазул ризкъи кьуна бечедал чагIазухъе, гьез гьезухъе щвезабизелъун. ХIакъикъаталдайин абуни тIолабго бечелъи Аллагьасухъ буго, амма нилъехъе кьуна хIалтIизабизелъун ва гьелда щиб гьабизе бугебали бихьизелъун.

Абу Зарр Гъифарияс абуна как - диналъул хIуби кколин, амма садакъаялъул абулаго лъабго нухалъ абуна, садакъа цIакъ гIажаибаб жо бугин.

Садакъа херлъидал гьабизе таралги рукIуна яги гьел хведал гIагарлъи букIуна гьездасан садакъа гьабулел. Гьеб мехалъ гьабураб садакъаялъул хайир хваразе щваги. Амма ГIабдулагь ибну МасгIудица абуна: «Цо гъурущ чIаго вукIаго кьей лъикIаб буго, хвараб мехалъ нусго гъурущ кьейин васият гьабиялдаса», - ян.

ГIамр ибну Къайсица абуна: «Дуда лъикIаб гIамал рагIидал, гьеб цо нухалъгIаги гьабизе хIаракат бахъе, гьелъул агьуялдаса вукIинелъун», - ян.

Салафу-салихIунал цIакъ сахаватал чагIи рукIана. ШигIби абурав имамас абуна, цониги хварав чи хутIичIин гIагарлъиялда гьоркьоса дица гьесул налъи бецIун гурони.

Жеги абула, щуго жо нахъчIвани, щуго жоялдаса махIрумлъулинги:

  1. ЗакагIат нахъчIвани, Аллагьас ﷻ гьесул боцIи цIуниялдаса нахъчIвала.
  2. Садакъа нахъчIвани, Аллагьас ﷻ сахлъи нахъчIвала.
  3. Ракьул бахъараб жоялдаса кколеб закагIат кьунгутIиялъ нахъчIвала гьесдаса ракьул баракат.
  4. ДугIа гьаби нахъчIварасе Аллагьас ﷻ жаваб гьаби нахъчIвала.
  5. Какилъ кIарчанлъи гьабурав хвалда аскIоб Лаилагьа илла Ллагь абураб калимаялдаса махIрумлъула.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...