Аслияб гьумералде

Истигъфаралъул кIвар

Истигъфаралъул кIвар

Инсан вуго кидаго хатIа-лъулевлъун. КигIан цIуна-къан чIаниги мунагьалде гьев ккечIого рес гьечIо, щайгурелъул Аллагьас гьединавлъун вижун вугелъул. Мунагьаздаса цIунаравлъун рукIин аварагазабазул хасият буго. Гьединлъидалин инсан загIипав вижун вугин абулеб. БетIергьанас цониги унти бижун гьечIо дару цадахъ букIун гурони. Нилъедасан ккарал мунагьазеги буго дару – ккаралда ракI бухIун Аллагьасда мунагь чурейин гьари.

 

Гьедин гьараралъухъ БетIергьанас мунагьалда тIасаги лъугьун жеги цIикIкIарал даражабиги кьолел руго. Хирияб хIадисалда буго: «РакIалъеги буго дару кьаву-пахьалъе бугебго гIадин. Гьеб цIвакизабиги ккола тавбу гьаби». Абу Давудица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца астагъфируллагьал гIазима ллази лаилагьа иллагьувал хIаяял къаюма ва атубу илайгьи абун, гъазаваталдаса нахъе тIуригIанаб кIудияб батаниги гьесул мунагьал чурула», - ян. ТIокIабги нилъее щиб хIажат бугеб, диналъул вацал. Цересел умматазул щибаб мунагь чуризе ккани хасаб шартI букIунаан. МухIаммадил умматалъе цохIо ракI бухIун, унго-унгоги тIаса лъугьаян Аллагьасда гьарани гIолеблъун тун буго.

Цогидаб хIадисалда буго: «Истигъфар гьабиялда тIадчIей бугев чиясе Аллагьас кьола кинабниги ургъелалдаса бигьалъи ва кинабгIаги къварилъиялдаса гIатIилъи», - ян. Имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Иблисалъ абуна, Дур кIодолъиялхIаги чорхолъ рухI бугебгIан заманалда дица дур лагъзал къосинаричIого теларо. Цинги БетIергьанас абуна, Дирго тIадегIанлъиялдалъун гьедун абулеб буго, Дунги гьезул мунагьал чурулевлъун вукIина гьез истигъфар гьабулеб бугебгIан заманалда», - ян.

Байгьакъияс бицараб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас абула: ва Адамил лъимал, нуж киналго мунагьазде кколеллъун руго Дун тIаса лъугьаравни хутIун, Дидаса мунагьал рахчи тIалаб гьабе нужеца, Дица мунагьал чурила нужер! Дидаса мунагьал рахчи тIалаб гьабурав чи, Дир Къудрат букIинги лъан, Дица гьесул мунагьал чурула, сундулго кIварги гьабуларо», - ян.

Бищунго нилъее рохалилаб хабарлъун ккола жинда Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабас бицараб: «Аллагьас жиндир лагъасул рекIелъе мунагьал рахчи тIалаб гьабизе ният рехуларо гьесие гIазаб гьабизе бокьунги букIаго, ай мунагь чуризе бокьун букIун гурони», - ян. Балагьараб заманалда инсанасда истигъфар гьабизе ракIалде рехулеб гьечIо гьесул мунагьал чуризе бокьун букIун гурони.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...