МахIрум гьаруге Аллагь ﷻ
Мурадал тIуралев хирияв Аллагь,
Дур цIобалъул гIурхъи гьечIеблъи лъала.
Амма дие Дуца кьолел нигIматал,
Рехсон хIалкIоларел кIудиял руго.
Щибго гьунар гьечIей, бажари гьечIей,
Дуца рахIматал кьун кIодо гьаюна.
КIудияб гIибадат гьабун бахъинчIей,
Дурго рокьиялъулъ тIерхьинаюна.
Я, дир БетIергьанин гIемер ахIичIей,
ЧIвадилаго дугIа гьабун бахъинчIей,
МагIу тIун гьардезе гьунар батичIей,
АхIана Аллагьас Жиндихъ гьоболлъухъ.
ГIемерал мунагьал ругонаниги,
Дир БетIергьан вуго бищун гурхIулев.
Иманалъул къуват загIиплъаниги,
Кидаго дун течIо Аллагьас рехун.
ХIалбихьиял гьарун, рекIел хIал борцун,
Чанги жо бихьана, сабру гьабичIо.
РагIабаз, магIабаз, рекIел унтиялъ,
Разилъи гьечIолъи бихьизабуна.
Амма кигIан сурун сабру таниги,
ТечIо БетIергьанас, битIунин абун.
Мунагьал чуризе, ракI бацIцIалъизе,
БичIчIин щулалъизе тIамуна сабаб.
РахIмуяв, гурхIулев, лагъзал рокьулев,
Цо Аллагь вукӀин лъай гIураб гьечIебищ?
Гьев дур вугеб мехалъ, щиб жеги хIажат?
Амма Гьес мун тани, щибизе гIумру?
Бищунго Бечедав, Къудратав Аллагь,
Дур цIобалдаса ниж махIрум гьаруге.
Лагъзалги рокьулев Гъафурун Вадуд,
Гьари буго, кирго, ниж рехун тоге!
ЦIвабзазул борхалъи нахъехун толеб
Дудехун рокьиялъ ракIал цIезаре.
ЦIураб моцI гIадинаб иманалъул нур,
РухI, ракI, черх тIолабго гвангъизе гьабе.
Гьалщинал нигIматал кьун тарав Аллагь,
Гьари буго бищун ракI зигардулеб:
Насиб гьабе, Аллагь, ахираталда,
Мун вихьи даимаб камилаб макъам.