Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ЗахIматай яс йиго...

 

Дир йиго гIун ячIуней яс. Гьелъулгун хабар рекъезабизе цIакъ захIмалъула. Гьанже кIиабизе дун рукъалде индал, жеги тIадеги хIехьезе кIолареб гIамал лъугьун буго. Дир цIияв росгун дагIбадула, гьевгун кIалъаларо, жиндирго рокъове гьев виччаларо ва щиб кканиги инсухъе гIарзалъ уна. Гьеб сабаблъун дир гьанже вугев росасул, цеве вукIарав росасулгун къецги ккола.

Дагьалъ цебе ясалъ дида абуна инсуца кьолел алиментал жинхъе кьеян. Жеги гьелъие къваригIараб босичIого цониги жо тунги букIинчIо дица, кваназе квен буго, кьижизе бакI буго ва ретIине ретIел босула. Щиб гьелъие къваригIун бугебали бичIчIулеб гьечIо. Гьелъие кьолеб тарбиялъулъ мукъсанлъи ккун батила дихъа. Кин гьеб иш рукIалиде бачIинабилеб?

 

Аслипат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

ГIун рачIунел лъималазулгун хабар рекъезабизе захIмалъулин абураб жо битIараб буго. Гьелдаго цадахъ халгьабизе ккола лъимадул рукIа-рахъиналъул, гьудулзабазухъ ва сунде руссун ругелали.

ХIехьезе кIолареб гIамал лъимадул бугониги, гьеб хIинкъизабун ва гIайибал чIван тарбия кьеялъ лъикIалде рачунаро. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Лъимал кIодо гьаре ва гьезулгун гьоркьоблъи лъикI гьабе», - ян. (Ибн Мажагь)

Мун гьелъул эбелги йигелъул, хIаракат бахъе сундулъго ясалъул рахъ кквезе, гьелъулгун гьоркьоблъи батизе, гьелъие гьудуллъун йикIине. Дур гьанже вугев рос гьелъие махIрамиявлъун лъугьаниги, гьесул ихтияр гьечIо гьелъул рокъове лъугьине ва хасго гьелъул изнуги гьечIого. Гьанже вугев росасда ва ясалъул инсуда бичIчIизабе, яс сабаблъун дагIбадизе бегьулареблъи ва ясалъул захIматаб заман гьеб бугеблъи.

Эбел-инсул рецц-бакъалде кидаго хIажатал рукIуна лъимал. Гьединлъидал цо гьитIинаб лъикIаб гIамал гьелъ гьабуниги, кIудияб жо гьабурабгIанги ецце. Еццулелъубги хIалица гуреб, ракI-ракIалъ, амма гIорхъолъа ун рецц-бакъги гьабуге. Лъимадуда ккезе рес буго гьей ялъаргъулей йигин абун.

Ясгун цадахъ заман тIаме, гьейгун кIалъай, тукабазде цадахъ яче ва лъикIай гьудулалдехун гIадин ургъел бикье. Гьелъул инсуца кьураб гIарацги сунда тIад хвезабун лъикIилан абун гьелда дандбай. Гьелъулгун гьоркьоблъи батизе кIвани, хутIарал суалал жалго тIуразе руго.

Ясалъул динияб рахъалдеги кIвар кьезе ккола. Дурго мисалалдалъун бихьизабе кин гIибадат гьабизе кколебали.

 

Психологасул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, тарбия кьеялъулъ мукъсанлъи ккун бугин абураб жо пикрабалъа бачахъе. Дудаго гIайибчIваялъ лъикIалде рачунаро. ГIайибал чIвачIого гьеб иш битIараб мухъде бачиналда тIад ургъе.

Бищун цебе бичIчIизе ккараб жо буго лъималазул балугълъиялъул гIуж гьезулгун гьоркьоблъи батизе захIматаб букIин. Сверухъ ругезда гьеб бичIчIунгутIиялъ рачуна дагIбадиялде. Гьединлъидал гьейгун кIалъалелъуб гьелдехун бугеб адаб бихьизабе, кIудияй, ай 20 сон барай ясгун кIалъалей гIадин йикIа. Гьедин гьабуни, кватIичIого нужгун дагIбади гьелъ тезе буго ва гьелда бичIчIила нужеца гьейги рикIкIуней йикIин.

Дурго росасдаги абе ясалъулгун гьоркьоблъи лъикI гьабиялде цIакъго кIвар кьогейилан. Рес буго гьесул тIадчIеялъ ясалъул рекIелъ гьесдехун тушманлъи цIикIкIине. Цинги гьей жеги цIикIкIун рикIкIалъизе йиго. Гьесул адаб ясалъ гьабизе буго, дур хIурмат гьес гьабулеб бугебгIан мехалда жаниб.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Къабуллъизе ккани

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго Гьесда гьареян ва гьарараб къабул гьабизе бугилан. Амма бусурбанчиясул щибаб ишалъул руго шартIал, суннатал, бегьулел ва хIарамал жал.   ДугIа къабуллъиялъе руго рихьизарурал бакIал ва заман. Гьедин гьабурасул дугIа къабуллъиялде цIикIкIун хьулги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги....


МугIазие гьабураб насихIат

Аварагас ﷺ Йеменалде ритIана Абу Муса ал-АшгIарий ва МугIаз бину Жабал. Гьезие гьадинал малъа-хъваялги гьаруна:   «Нужеца гьезие бигьалъи гьабе, захIмалъи гьабуге, гьел гIагар гьаре, тIуризаруге, нуж кIиялгоги цоцазде адаб-хъатиралда рукIа ва цоцазда гьоркьоб хилиплъи ккеялдаса цIуне....


Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар

Рамазан моцIалъул ахирисел къоязда ГӀахьвахъ районалъул КIудиябросулъ тӀобитӀана Къуръан цӀалиялъул къец ва ифтIар.   Къецги тIобитIун букIана районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевасул хIарака-талдалъун, жиндирго эбел-эмен ракӀалде щвезариялъул хIурматалда. Гьеб тадбиралде данделъана...


Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян. Тафсир гьабулез абулеб буго гьеб батулин белъун кванараб пер, махI букIинчIо букIине.   «Ахирисеб кванараб квен...