Аслияб гьумералде

Суннатал кIалал

Суннатал кIалал

Суннатал кIалал

Щаклъи гьечIого бищун хирияб ва кири цIикIкIун щолел кIалаздасан ккола рамазан моцIалъул кIал. Кинниги инсанас кколел суннатал кIалазухъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кIудияб ажру-кири хъвала.

 

Хирияв Аварагас ﷺ суннатал кIалал кквезе лъикIаллъун рихьизаруна цо-цо моцIал, соналъул тIоцебесеб ва ахирисеб моцIалъул авалияб 10 къо, щибаб моцIалъул 13, 14, 15 къоял, шаввалалъул анлъго къо, анкьида жаниб итни-хамизалъ, ГIарафа, ГIашура ва цогидалги хириял къоял.

Рузман къоялъ кIал кквей гьукъараб гьечIониги, гIицIго гьеб къоялъ кIал кквезе карагьатаблъун бихьизабун буго. Амма цебесеб ялъуни хадусеб къоялда хурхинабулеб бугони, щибго къварилъи гьечIо. Карагьат букIиналъе гIиллаги - рузман къо байрамалъул, зикру-салаваталъул ва цогидал гIибадатазул къо букIин.

Имам Ширазияс «Мугьаззабалда» хъвалеб буго: «ГIицIго рузман къоялъ кIал кквезе карагьатаб буго, амма цебесеб (хамиз) ва хадусеб (шамат) къоялда хурхинабуни, карагьалъи гьечIо», - ян.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Нужеца рузман къоялъ кIал ккоге цебесеб къоялъ кIал ккун букIун батани гурони ялъуни хадусеб къоялъги кквезе ният бугони гурони», - ян. (Бухари, Муслим)

 Аварагасул ﷺ хъизан Жувайриятидасан бицана, цо рузман къоялъ кIал ккун букIаго, Авараг ﷺ вачIанила ва гьикъанила: «Дуца сон кIал ккун букIанищ?» - илан. «БукIинчIо», - ян жаваб гьабуна гьелъ. Аварагас ﷺ гьикъана: «Метер кIал кквезе ният бугищ дур?» - илан. «ГьечIо», - ян жаваб кьуна Жувайриятица. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ амру гьабун абуна: «Гьедин батани дуца кIал биччай», - илан. (Бухари)

Нилъер мазгьабалъул чIахIиял гIалимзабаз абуна: «Инсанасул гIадаталда кколеб кIал рузман къоялде кколеб бугони, гьелъул къварилъи гьечIо. Масала, чияс абулеб буго дир пуланав гIагарав чи сахлъараб къоялъ дица кIал кквезе бугин ялъуни дир гIагарав чи тIадвуссиндал абун, ай гьеб къо рузман къоялде ккани, кIал кквезе карагьатаб гьечIо», - ян.

Рузман къо ккола зикруялъул ва гIибадаталъул къо. Рузман къоялъ бусурбанчиясе лъикIаб буго черхги чурун, рацIцIалъиги гьабун, кIванагIан хехго мажгиталде инелъун къватIиве вахъине, мажгиталъуб вагIзаялъухъ гIенеккизе, рузманалъул как бан хадубги Аллагь рехсезе.

Рузман къоялъулъ буго цо гIуж дугIа нахъчIваларебги.

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...