Кинабго Аллагьасдаса
Дунялалда гIумру гьабулел ругеб-гIан заманалда балагь-къварилъи камун цониги чи хутIуларо. Гьеб буго дунялалъул гIадат. КигIан инсанасе рахIаталда вукIине бокьаниги дунялалда вукIаго захIмалъаби дандчIвачIого чара гьечIо. Къварилъаби рукIине бегьула гIисиналгун чIахIиял. Кинал гьел ратаниги исламалъ нилъее бихьизабун буго гьелда сабру гьабизе хIаракат бахъи.
Кинаб бугониги захIмалъи тIаде щведал инасасе шаригIаталъ беццараблъун бихьизабулеб буго «Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» абизе. Гьелъул магIнаги ккола: «Ниж руго Аллагьасул, ай Гьес рижарал, ахир Гьесдего руссинеги руго», – ян. Гьел рагIаби абиялъ инсанасе сабру гьабизе бигьалъиги щола. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дица нужер хIалбихьичIого теларо чорхолъе хIинкъи рехун, ракъи тIаде биччан, боцIи мукъсан гьабун, нафс загIип гьабун, пихъал хвезарун, нужеца рохел бице сабру гьабуразда. Гьелги ккола жидеде тIаде балагь бачIиндал «Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» абурал гIадамал. Гьезие буго Аллагьасул рахъалдаса рецц, мунагь чури, тIаса лъугьин ва гIатIидаб рахIмат. Гьел гIадамал руго битIараб нухалъе тавпикъ ва хIакъаб нух жидеда лъарал гIадамал», – ян (сура «Бакъара», аят 155, 156, 157).
Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго: «Цогидал умматазе кьечIеб, дир умматалъе кьураб жо ккола, тIаде балагь бачIиндал «Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» аби», - ян.
Бичасул аварагасул хъизан, муъминзабазул эбел Уммусаламатидасан бицараб хIадисалда буго хирияв аварагас абулеб рагIанин: «Цониги лагъ гьечIо жинде тIаде балагь-къварилъи бачIиндал «Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун, аллагьумма ажирни фи мусибати, вахлиф ли хайран мингьа»
إِنَّا لله وَإِنَّا إِلَيْهِ رَاجِعُون، اللَّهُمَّ أجرني فِي مصيبتي واخلف لي خيرا مِنْهَا
абурав, гьесие гьеб къварилъиялъухъ кири хъван ва гьелдасаги лъикIаб нигIмат тIадеги кьун гурони. Цинги гьелъ тIадеги жубана, дир бетIергьанчи Абусаламат хвараб мехалда дицаги абун букIана Бичасул аварагас амру гьабураб кинниги, Аллагьас дие гьесухъ хисун жеги лъикIав росги кьуна, ай хирияв Бичасул Расул», - ян.
Имам Тирмизиясдасан бицараб хIадисалда буго: «Цо лагъасул лъимер хвараб мехалда малаикзабазда Аллагьас гьикъулила дир лагъасул лъимадул рухI босанищ нужецаян. Босанин абун жаваб гьабулила гьез. Нужеца гьесул рекIел тIегьалъул рухI босун бугохаян абулила Аллагьас. Гьедин кканин абулеб буго малаикзабаз. Жеги гьикъулила БетIергьанас, дир лагъас щибин абурабилан. Малаикзабаз жаваб кьолила гьес Дуе рецц гьабунин, гьединго Инналиллагьги цIаланин абун. Цинги БетIергьанас гьезде буюрулила дир лагъасе алжаналъуб рукъ байин, гьелда цIарги тейин «рецц гьабиялъул рукъ» абун».