Сафар 1445 с.
№18. (2023-09-15)

«Ас-саламалъул» хIалтIухъабаз лъимал рохизаруна

«Ас-салам» газеталъул хIалтIухъабаз Карачаево-Черкесия республикаялда, СВОялда къадаралде щваразул ва гьенир гIахьаллъаразул хъизамаздаса...

ХIасилал гьаруна

ЛъаратIа районалда тIоритIана риидалилал курсазде хьвадулел рукIарал лъималазда гьоркьоб къецал. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул...

МухIаммад Ярагъи ракIалде щвезавуна

Лъабго имамасе тарбия кьурав гIалим МухIаммад Ярагъи ракIалде щвезавиялъул хIурматалда тIобитIана автопробег. Гьеб байбихьана Дагъистаналъул Огни...

Аварагасде ﷺ салават битIиялъул пайдаби

– Аллагьасул ﷻ амру тIубай, "Сурату Ал- АхIзабалъул" 56 аяталда «Нужеца гьесде салават битIе»абун нилъеда амру гьабулеб бугелъул....

ЛъикIав цевехъан ватана…

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIукмуялдалъун исана паризаяб хIеж борхизе ине изну щвана диеги (алхIамдулиллагь). Документал кьолаго гьарана Унсоколоса...

ЦIунаги Аллагьас

Гьал мухъал хъвана 2023 соналъул 14 августалда, МахIачхъала шагьаралъул цо АЗЭсалда аскIоб кьвагьи ккун 35 чи хун, 64 чи лъукъа-къотIун ккараб...

Хирияб калам

Аллагьас ﷻ нилъехъе Жиндирго калам, ай Къуръан рещтIинабуна. Гьеб цIаларасе щибаб хIарп рикIкIун анцIго кириги хъвала. Гьебги Аллагьас ﷻ рещтIинабуна...

Щибха кколеб иман?

Ахираб заманалда нилъеде тIаде рачIунел руго гIемерал унтаби, балагьал, квешал ишал.  Гьелдаго цадахъ иманги загIиплъулеб буго. Иман загIиплъиги...

Какда хадуб бугеб кири

Паризаяб как буго Аллагьас ﷻ щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабураб борч. Гьеб тIубазабиялъулъ кIарчанлъи гьабуни, ахираталда щивасда кIалгьикъи...

ХIафизазул хIурматалда

Гьал къоязда Гъизилюрт районалъул ЦIияб ЧIикIаб росулъ тIобитIана хIафизазул хIурматалда мажлис. Росдал тарихалда Дадаев Расул ва ГIисаев Абубакар...

Кваназеги лъай

Квен ккола чара гьечIого инсан жинде хIажалъулеб жо. Исламияб диналъ инсан битIун хьвадиялъул киналниги рахъал жанире рачуна. Квен кванайги гьоркьоса...

МагIарухъ вугев чияс хур бекьизе ккола

Шамил районалъул бетIер ХIасанов МухIаммадилгун гара-чIвари     Шамил районалъул бетIер МухIаммад ХIасанов ккола ГIурада росулъа. 1983...

ГIасаса ГIабдурахIман-хIажи ва МухIаммад-ЯгIсуби ракIалде щвезаруна

Сентябрь моцIалъул байбихьуда Шамил районалъул ГIасаб росулъ тIобитIана гIалимзабазул мажлис. Мажлис букIана ГIасаса ГIабдурахIман-хIажи ва...

Бусурбанчиясе психолог хIажалъулищ?

«Унго-унгояв бусурбанчиясе психолог хIажалъуларо», - ян абулеб рагIана цо гIалимчияс гьабулеб вагIзаялда. Гьел рагIаби кьочIоеги росун,...

Нужее баяналъе

«ХIавамим» абурал сурабазда гьедин цIар щай тараб? – «Хамим» абун байбихьулел рукIун.  ГIали ГIимраналъул...

ХIуби жагъаллъизе тоге

Как буго диналъул хIуби. Гьеб буго чияс шагьадат битIун хадуб бищун кIвар кьезе кколеб гIамалги. Гьелъул мухIканлъи гьаби ккола Аллагьасда ﷻ...

РабигIул аввалалде хIадурлъи

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щолеб буго жинда жанив халкъалъулго хирияв МухIаммад авараг ﷺ гьавураб рабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалде хIадурлъи...

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбел-инсул гIарац хвезабуна...   Хвалие нахъе лъун букIараб гIарац босун букIана эбел-инсухъа, нахъбуссинабизе кватIизе теларинги абун. Гьеб...

Ургъел гьабун бечелъи щварал

  Къуръаналда рехсон руго цере рукIарал умматазул гIемерал къисаби. Гьелги рехсон руго нилъер ракIазе асар гьабизелъун ва мисаллъун...

ХIурматиял лъимал!

ХIурматиял лъимал! Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде 7 988 4 58 16 63 ритIизе бегьула!       Ибрагьимотрар...

Суал-жаваб

Цо нухалъ жаназадул как баразе, кIиабизе жамагIат гьабун балезгун цадахъ базе суннатаб бугищ? Цо нухалъ жаназадул как барав чиясе кIиабизе гьеб базе...

Жиндаса малаик вижулеб

Авараг ﷺ макьилъ вихьулеб салават   Лагъас Аварагасде ﷺ салават битIи гIемер гьабидал, гьев бищун Аллагьасе ﷻ вокьулевлъунги Гьесде ﷻ...

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...