Нужее баяналъе
- Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун, щал гьел?
– Сура «Ихлас» ва «Кафирун».
- Аятул Курси щиб сураялда батулеб?
– Сура «Бакъараялъулъ», аят 255.
- Кинал сурабазда рехсараб хIеж ва гьелъул ахIкамал?
– Лъабго сураялда рехсана: «Бакъара», «Алу ГIимран», «Маидат».
- Ирсалъул ахIкамал мухIканго ва баянго щиб сураялда рехсараб?
– Сура «Алу ГIимраналда».
- Щиб аяталъ баян гьабураб чIахIиял мунагьазда рикIкIалъи гIисинал мунагьал чуриялъе сабаблъун бугилан?
– Сура «ан-Ниса», аят 31.
- ГIараб мацIалда тажвидалъул магIна щиб?
– Берцин гьаби.
- Тажвид гIелмуялъул мурад щиб?
– МацI цIуни, Аллагьасул ﷻ тIехьалда жаниб хатIаъ гьабиялдаса.
- Чан сон букIараб Аварагасе ﷺ къурайшиялгун КагIба базе данделъидал?
– 35 сон.
- КагIбаялда тIоцебе дарай ретIарав чи щив вукIарав?
– ХIажаж бин Юсуф ас-Сакъафи.
- ТIоцебесеб авараглъи Аварагасул ﷺ кин байбихьараб?
– РитIухъаб макьуялдалъун.
- Аварагасда ﷺ иман лъурал лъималазул тIоцевесев щив вукIарав?
– ГIали-асхIаб.
- Бихьиназда гьоркьоса тIоцебе иман лъурав щив вукIарав?
– Абу Бакар.
- Какги закагIатги Къуръаналда жаниб чан нухалъ рехсараб цоцада хурхинабун?
– 26 нухалъ.
- Сура «РахIман» абун цIар щай тараб?
– Аллагьас ﷻ РахIман абун байбихьиялдалъун.