МагIарухъ вугев чияс хур бекьизе ккола
МагIарухъ вугев чияс хур бекьизе ккола
Шамил районалъул бетIер ХIасанов МухIаммадилгун гара-чIвари
Шамил районалъул бетIер МухIаммад ХIасанов ккола ГIурада росулъа. 1983 соналъ ДГУялъул экономикияб факультет лъугIидал, хIалтIизе вачIана районалде. РайПОялда хIалтIана батIи-батIиял хъулухъазда.
2017 соналъул декабрь моцIалда МухIаммад вищана районалъул бетIерлъун.
– МухIаммад, районалъул бетIерлъун вищидал, тIоцебесеб иргаялда, кинал рахъазде кIвар буссинабураб?
- Байбихьана гIун бачIунеб гIелалде кIвар кьеялдаса, гьезул лъай цебетIезабиялдаса, гьезда адаб-хIурмат малъиялдаса. Районалъул школазда хIажатаб халгьабун, гIолохъанаб гIелалъе гIолареб чIезабизе кIвар бахъун, гьеб масъалаялдаса байбихьана тIоцебе хIалтIи гьабиялъул иш.
ХIукуматалдаса щолеб тIалаб гьабун батаниги, жибго районалъул бюджеталдаса биччан бугониги районалда цониги лъай кьеялъул идара хутIичIо нижеца дагьабниги хIалтIи тIад гьабичIеб. Гьал соназда жаниб жибго районалъул бюджеталдаса лъимал кваназаризе санагIатаб анкьго пищеблокги бана нижеца.
Ясли-ахазда, школазда малъулин абун течIого, эбел-инсуцаги къваригIун буго кIвар гьабизе лъималазе кьолеб тарбиялде. Телефон-интернеталде жалгоги руссун, батIи-батIиял хIаялгун хIажат гьечIелде руссун лъимал тедал, гIураб къоялъ щиб гьунаралъул чагIи гьезул рахъинел? Гьеб жо лъикIаб иш гуреблъи бичIчIизе къваригIун буго гIолохъанал умумузе. Гьединаб хIалалда лъимал гIун рачIиндал, хадуб бетIер кквезе ккола нилъеца.
Амма бищун ракIунтулеб масъала буго росабалъ лъимал дагьлъулел рукIин.
– Нухал рахъи, лъинал рачин, ток чIезаби гIадал санагIалъабазда хурхун гьарулел хIалтIаби кинал ругел районалда? Ругищ гьел гьечIел, чIезаризе ккарал бакIал?
- ГIемерал хIалтIаби гьаруна лъим бачин батаниги, канализация чвахизе санагIалъаби гьаруниги росабалъ. Нух гьечIого батараб росу букIана Къелеб участокалда гьоркьобе унеб Мусрухъ. Гьенибе гьабуна гIатIидаб нух. КъахIибе, Гьоорибе унеб нухде тIуна хъил ва гьенибе унелъул батулеб гIорда тIасан балеб буго цIияб кьо. Ракьубе унеб нухдеги тIуна хъил ва гьидерил мухъалъул росабалъ, Гьолокьа тIаде ТIелекье унеб нухде тIолеб буго гьеб. Чанго росабазул жанисел нухал къачIалел руго, гьединго чанго сон буго ГIуриб росулъе рахунаго ругел свералаби лъугIизарун, гьенире нухал гIатIид гьарулаго. Гьандихъ, Къваниб, Лъануб, ЦIекIоб, Хучада росабалъеги гьаруна нухал. Бакълъухъе унеб нухдеги байбихьизе буго хъил тIезе. ТIасияб соналде къалмиде росун руго Къелеб участокалъул росабигун ГIасабеги нух гьабиялъул ишги. Росабазул жанисел нухалги къачIала, хIажалъи бихьун.
Токалъулги букIана кIвар кьезе ккараб хIал. Ахирал соназ гьелда хурхунги гьабуна кIудияб хIалтIи, хисана хIубал ва трансформаторал.
– Росабалъ гьарулел хIалтIабазулъ жамагIатал рази рукIунедухъ гьоркьохъеб хIал рекъезаби кинаб къагIидаялда бугеб?
- ГIадамал батIи-батIиял рукIунелъул батила, кинавго чи рази гьави лъиданиги бажаричIеб жо буго. Дун гьаниве вачIараб тIоцебесеб соналъ гIадамазул хIажаталги росабалъ гIоларебги лъазе щибаб росулъе щвана. Гьелдаса хадуб байбихьана, рузман базе щоледухъ росабалъе ун, цебехун бицаралъул щиб гьабун бажарараб ва щиб жеги гьабизе бугебали къалмиде босун букIаралъул хIисаб гьабизе. Гьедин гьабураб хIалтIиялъ хIасилги кьуна.

– Росдал магIишаталдасан бетIербахъи гьабун рукIуна магIарухъ гIадамал. Халкъалъе хIалтIизе бакIал чIезариялъе гьабулеб хIалтIи бугищ администрациялъ?
- МагIарухъ гIумру гьабун вугев чиясул аслияб ишлъун букIине ккола росдал магIишат. Гьеб рахъ цебетIезабиялъе хIукуматалъ кумекги гьабулеб буго. Араб соналъ дагъистаназул районазда ахал гьаруразе кьолеб субсидия бищун гIемер щвана Шамил районалъул гIолохъабазе. ХIукуматалъ абулеб буго хIалтIи гьабейин, бажарараб кумек жидецаги гьабилин абун. Амма ракь хIалтIизабулел чагIи къо бахъанагIан дагьлъулел руго. Росабазул бегавулзабазулгун букIунеб данделъиялда дица гIемер борхула ракьал хIалтIизаризе ккеялъул суал.
Дирго мисал бачунги абила, дун вуго ах-хуралъул чи. Рогьалил как бан хадув хIалтIул къо байбихьизегIан хъизангун ниж росулъеги ун хIалтIула хурир. Дирго хуриб бекьун гIезабураб букIуна картошка, цIоросаролъ, ражи, ламадур, багIаргьоло. Базаралдаса дица щибго босуларо. Гьедин гьабейин абула дица аскIове кканщинасдаги. Нилъецаго гIезабураб кваналеб бугони, къуватги сахлъиги букIуна, лъималги сахал гьарула. Кваналеб жо кколелъул нилъер сахлъиги унтиги жинда бухьараблъун. Химия гьоркьобе жубараб квен кванаялъ гъурун бачунеб буго халкъ, кколел руго батIи-батIиял унтаби.
Ихдалил заманалда росабалъ рукIуна батIи-батIиял данделъабигун къецал. Гьединал бакIазда тIоритIизе бегьулагури хур бекьиялда, гъутIби чIеялда, гьезие хъулухъ гьабиялда хурхун лъида щиб лъалеб бугищали халгьабун къецал. Кинаб рахъалдасан батаниги, гъира базабизе ккола гIадамазул. Дагьлъулел руго гIи-боцIи хьихьулелги. Чахъу хъвезецин лъалеб батулеб гьечIо гIолохъанчиясда.


– ГIадамазул гIемер букIунеб суал буго къваригIел тIубазе индал хIакимчиясухъе нух щоларин абураб. ТIаде рачIарал къабул гьариялъул къагIида нужер кинаб бугеб?
- Дун гIемер батIи-батIиял бакIазде щвана, амма ракIчIун абизе кIола нижергIадин рагьарал нуцIби ругеб администрация кибго гьечIилан. ТIоцебе вачIарав чи къабул гьавулаан щибаб къоялъ, хадуб заман ва хIалтIи бихьун - анкьида жаниб цо нухалъ къабул гьабиялде ккана. ХIукуматалъул бихьизаби буго гIадамал къабул гьариялъе цо къо гурони гьечIин абураб. Бугониги, къоязухъ балагьун толаро, заман бугебгIан мехалъ вачIарав дица кидаго къабул гьавула.
– ГьабсагIат Украинаялда унеб буго СВО. Нужер районалдасаги ратила гьенир гIахьаллъи гьабулел гIолохъаби. Гьелъул хIакъалъулъ щиб дуца абилеб?
- ХIакъикъаталдаги рикIкIада бугин абун течIого, бищун кIвар кьезе, пикру-ургъел гьабизе ккараб суал буго гьеб. Украиналдайин абуниги гьеб буго нилъер хIукуматалда бугеб рагъ. Унго-унгояв чи валагьизе кколаро кинаб ретIел ретIарав жив вугев абуралъухъ. Дица абула къо ккараб мехалъ ВатIан цIунизе вахъине щивав чиясда тIадаб бугин абун. ВатIан цIуниялдаса кIудияб жо дидаги лъаларо. Хабар бицунел чагIи камуларо, амма гIемерисезда бичIчIун буго гьелъул кIварги жакъа гьеб добаго лъугIизабичIони, метер гьанибе щвезе рес букIинги.
КIиабизе, районалдаса СВОялда гIахьаллъи гьабулев вуго лъабнусгогIанасев чияс. Гьезул отпускалъ рачIаралги тIаде ахIун, тIоритIула дандчIваял ва администрациялъул рахъалдасан кьола ракIалде щвеялъулал шапакъатал. Дора ругезеги битIана районалъго бакIарун гуманитарияб кумек. Жеги районалда буго гьединал гIолохъабазегун хIажалъи ккарал гьезул хъизамазе кумек гьабизелъун рагьараб хасаб фонд. Гьел гIолохъаби нижеда кIочене гьечIо, кидаго бажарараб кумекги гьабизе буго.

– Къо бахъанагIан республикаялда цебетIолеб буго туризм. Нужер районалдаги руго гьел рачIунел бакIал. Администрациялъул щиб хурхен бугеб гьединал чагIазулгун?
- Нижер районалъул Гьоор, КъахIиб, Датуна росабалъе руго гьезул аслиял маршрутал. Туристалин абуниги гьел ккола нилъехъе рачIунел гьалбал. Нилъер гIадат буго тIаде вачIарав чи берцинго къабул гьави, гьеб жо бихьизабизе ккола гьаздаги. Администрациялъул рахъалдаса туристал рештIунел бакIазда гьабуна санагIалъаби, чIезабула хIинкъигьечIолъи, кьищни-къул рехизе лъуна къалал.
– Районалъул имамзабазул советалъулгун кинаб хурхен бугеб?
- ГIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулъ кIудияб кумек гьабула росабазул имамзабаз, муфтияталъул гIелму ва лъай тIибитIизабиялъул отделалъул районалда бугеб бутIаялъул жавабияз. Цоги бакIазда лъаларо кин бугебали, амма нижер районалда гьезда цадахъ рекъон гьабураб хIалтIул хIасил кIиго нухалъ цIикIкIараб буго, пайдаги хIасуллъула.
– ЦерегIанго моцIаз нужер районалде рачIун рукIана Аварагасул ﷺ асаралги…
- Асаразул бицине, гьезие къимат кьезе хIалкIолел чагIи нилъ гуро. Гьезул пикру гьабизе гIакълу кьурал, баракат щвараллъун гьареги Аллагьас нилъ. КIудияб асар гьабун букIана гIадамазе асарал гьанире рачIиналъ, гьединго, гьанире рачIун рихьана исламияб дин босарал гIурусалги. ГIемерав чи щвана зияраталде, Аллагьас щивасул къабул гьабеги.
Нужецаго хIисаб гьабе, исана батIи-батIиял районаздагун росабалъ чваххун цIадал, горо-цIер бан ккун букIана зарал. Асарал рачIарал районазда гьединаб хIал лъугьун букIанищ?! Лъабгониги районалде щвана гьел, амма гьезул цонигиялъуб гьединал балагьал ккечIо.
– Гьаб казият гьоркьобккун щиб абилеб магIарулазда?
- ГIамал букIине ккола щивав чиясул бусурбанчиясул букIине кколеб гIадаб. Киве кканиги магIарул чиясда кIочене бегьуларо щиб жинца гьабизе кколебали ва кинаб пайда жиндаса халкъалъе щолеб бугебин абураб жоялъул. Аллагьас тавпикъ кьеги киназего.
Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас