Аслияб гьумералде

Жиндаса малаик вижулеб

Жиндаса малаик вижулеб

Жиндаса малаик вижулеб

Авараг ﷺ макьилъ вихьулеб салават

 

Лагъас Аварагасде ﷺ салават битIи гIемер гьабидал, гьев бищун Аллагьасе ﷻ вокьулевлъунги Гьесде ﷻ гIагаравлъунги вукIуна. Гьединлъидал нилъеца хIаракат бахъизе ккола кIванагIан гIемер гьесде ﷺ салават битIизе.

 

Аварагас ﷺ абун буго: «Дун кIодо гьавун салават битIарав чи вугони, Аллагьас ﷻ гьеб салаваталдаса малаик вижула. Жиндир цояб бакъбаккуде, цогияб бакътIерхьуде щолеб кIиго кваркьи бугев, хIатIал - ракьалъул ахаде щварал, габур - ГIаршалда гъоркь цураб. Цинги Аллагьас ﷻ гьесда абула: «Дуца Дир ﷻ лагъасде салават битIе, гьес Аварагасде ﷺ битIараб гIадин» ва гьесги Къиямасеб къо чIезегIан гьев чиясде салават битIулеб букIуна», - ян.

Аварагасде ﷺ ритIулел салаватал руго батIи-батIиял, руго чанго батIаяб гIиллаялъе ва мурад тIубаялъе ритIулелги. Гьединаздасан руго живго Авараг ﷺ макьилъ вихьизелъун ритIулелги. «Кунузул асрар» абураб тIехьалда хъвалеб буго, рузман къоялъ нусго нухалъ

اللهم صل على محمد النبي الامي جزى الله عنا محمدا ما هو اهله

(Аллагьума ссали гIала МухIаммадини набийил умийи жаза Ллагьу гIана МухIаммадан ма гьува агьлугьу) абун салават битIарав чиясда ТIадегIанав Аллагь ﷻ яги Гьесул ﷻ Авараг ﷺ ялъуни Алжаналда живго вукIине вугеб бакI макьилъ бихьилин. Гьедин бихьичIони, щуго рузман къоялде щвезегIан цIалеян абейин.

Буго гьединабго цоги салават, жиб хасго Авараг ﷺ макьилъ вихьизелъун цIалулеб, гьебги гьаб буго:

اللهم صل على محمد و على ال محمد كما امرتنا ان نصلي عليه

(Аллагьумма ссали гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад кама амартана ан нусали гIалайгьи) – гьаб 71 нухалъ цIалула. Гьадин хъван буго «ФатхIу ррусул» абураб тIехьалъул 59-абилеб гьумералда.

 

 

МухIаммадгIали ГIабидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...