Аслияб гьумералде

Унсоколо районалдеги рачIина Аварагасул ﷺ асарал

Унсоколо районалдеги рачIина Аварагасул ﷺ асарал

Унсоколо районалдеги рачIина Аварагасул ﷺ асарал

Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIаммадовасул нухмалъиялда гъоркь администрациялъул конференц-залалда тIобитIана районалъул хIаракатчагIазул гIахьаллъигун данделъи. Гьелда гIахьал-лъи гьабуна росабазул бегавулзабаз, депутатаз, администрациялъул отделазул нухмалъулез, школазул директорзабаз, лъималазул ясли-ахазул заведующияз ва муфтияталъул вакилзабаз. 

Гьениб бицана 25 сентябралда районалде Аварагасул ﷺ асарал рачIине ругеблъиялъул ва гьелде гьабизесеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.

Данделъи рагьулаго ГIиса НурмухIаммадовас абуна Аллагьасе рецц бугин кIиго имамасул ватIаналдаса нилъ ратиялъухъ.

- ГIемерал районазул жамагIатазе бокьун букIана гьел асарал жидехъего рачIине. Амма гьанже гьеб талихI щвана нилъее. Гьединлъидал нилъеца мустахIикъаб дандчIвайги гьабизе ккола асаразда, - ян бицана районалъул бетIерас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...