Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Цо нухалъ жаназадул как баразе, кIиабизе жамагIат гьабун балезгун цадахъ базе суннатаб бугищ?

Цо нухалъ жаназадул как барав чиясе кIиабизе гьеб базе суннатаб гьечIо, тIоцебесеб нухалъ жинцаго цохIо вукIун яги жамагIатгун бай халгьабичIого. Щайин абуни, цого чияс кIиабизеги хварасдаса жаназадул как бай шаригIаталда гьечIо.

Ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго, цо нухалъ жаназадул как барав чиясе кIиабизеги гьеб базе бихьизабун гьечIин, амма бани рикIкIунин.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Шагьват цIикIкIинабулел дараби хIалтIизаризе бегьулищ?

Лъадулгун гьоркьоблъи лъикIлъи-забизелъун ва гьей мунагьалдаса цIунизелъун росасе бегьула шагьват цIикIкIинарулел дараби хIалтIизаризе. Кинниги гьел дараби хIалтIизаризе бегьула чорхое зарал гьечIеблъи лъалеб бугони.

(«ФатхIул МугIин»)

 

 

Щай исламалъул тарих Мадинаялде гьижра гьабиялдаса байбихьулеб?

Гьелъие гIилла буго, гьижра гьабун хадуб бусурбабазе цIияб чIаголъи ва къуват щвей. Гьеб ккана исламияб дин гIатIидго тIибитIизе лъугьараб заманлъун ва гьеб букIана хасго исламияб тарихалъе кIвар цIикIкIараб иш. Гьединлъидал байбихьана исламияб тарихалдаги гьижриябин абизе.

(«Фикъгьу сирати набавият»)

 

 

Хварасул жаназа кодобе щоларого бугеб мехалъ жаназадул как баялъул хIукму кинаб бугеб?

Жаназадул как бан бегьизе ккани, шартI буго хварасул жаназа чури ялъуни чуризе кIолареб хIал бугеб мехалъ таяммум гьаби.

Хварасул къаркъала чурун яги таяммум гьабун гьечIони, кьвагьи ккун, цIадулъ бухIун, лъелъ гъанкъун яги парсиниса гIодобе бортидал гьениса бахъизе кIвечIолъи гIадал сабабаздалъун къаркъала батизе кIвечIого, гьеб мехалъ гьабизе, гIалимзабаз цIикIкIун бергьинабураб рагIиялда буго, гьединасдаса жаназадул как баларин абураб. Щайин абуни, жаназадул какил шартI камулеб букIин, ай къаркъала чури.

Амма чуризе яги таяммум гьабизе кIолареб хIалалда хварасул къаркъала бугеб мехалъ жаназадул как базе бегьулин абун цо-цо гIалимзабаз бергьинабураб рагIи буго. Гьез абулеб буго, къаркъалаялъул хутIун ругони кинал ругониги лугбал яги кескал, цин гьел данде гьарун жемилила мусруялъулъ ва хадуб балин жаназаялъул какгиян, цинги букIине кколедухъ хабалъ букъизеги букъилин.

Къаркъала батизего батичIони, как бан тела. Щайин абуни, жаназадул как баялдаса мурад бугелъул хварасе дугIа ва шафагIат гьаби.

Мусру базегIанги жаназадул как базе лъикIаб гьечIо.

(«Мугънил мухIтаж», «ХIашияту Ширвани»)

 

 

Васасул гIарацги хIалтIизабун гIакъикъа хъвезе бегьулищ?

Инсуе лъикIаб буго гIакъикъа жиндирго гIарцухъ хъвезе. ГIакъикъа буго лъимер балугълъиялде бахинегIан хъвезе суннатаб иш ва васасул боцIудалъун гьеб босизеги бегьуларо. Нагагь гьедин хъуни, инсуда тIадаб букIуна гьесул гIарац бецIизе.

Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

(«ИгIанату ТIалибин»)

 

 

Хварав чи хабалъ лъолелъул хоб тIасан бахчиялъул мурад щиб?

Жаназа хабалъе бегьулаго суннатаб буго хоб сунца бугониги бахчизе. Жаназа бихьинчиясул бугониги, гьебги, хабалъ жаназа лъун гьев рухьарал кварал ричулаго гьесул гIаврат рагьиялъе хIинкъи букIиналъ. СагIд ибн МугIаз вукъулагоги хирияв Аварагас ﷺ гьев хабалъ лъолаго жиндирго тIасан ратIлидалъун Аварагас ﷺ гьесул хоб бахчана.

Жаназа чIужугIаданалъул бугони, жеги цIикIкIун рекъараб буго хоб бахчизе.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Канзу Ррагъибин»)

 

 

Какие чурун хадуб малъазда гъоркь чороклъи батана къан. Какие чури рикIкIунищ?

Какие чуриялъул шартIазул цояб ккола, какие чурулел лугбузде лъим щвезаби.  Гьелдаса босун, малъазда къараб гъиз батани, масала, ханжу гIадаб, какие чури рикIкIунаро. Какие чурун хадуб баянлъидал, малъазда къараб гъизги бацIцIад гьабун, гьеб бакIалдаса байбихьараб тартибалда хутIарал лугбал цIидасан чурила. 

(«ХIашияту Щирвани», «Фатавал ЧIохъи»)

 

 

Исраъалъул заманалда хас гьабун паризаяб как тIалъиялъе щиб хIикмат букIараб?

Замзам лъецаги чурун, Аллагьасул расул загьиралдаги батIиналдаги вацIцIалъидал, иманги хIикматги Аллагьас ﷻ кьедал, рекъараб букIана Исраъалъул заманалда гьеб как паризаяблъун гьабизе. Щайин абуни, какил шартI рацIцIалъи букIун.

Исраъалда Авараг гьеб макъамалда вукIана, ай вацIцIалъана. Исраъалъул заман щвезегIан тIадаб как букIинчIо, амма амру букIана къаси мехалъ как байин абураб. Цо-цояз абуна гьеб къаси мехалъ балеб как паризаяблъун букIанин. Имам ШафигIияс гIалимзабаздасан накълу гьабун абуна цин паризаяблъун букIанин хадуб насху гьабун, ай нахъе босанин.

(«Фатава имаму Навави»)

 

 

Какил байбихьуда бугеб такбир, ай «Аллагьу акбар» рагIизабун цIаличIони, как рикIкIунищ?

Имам Нававияс «Фатава» абураб тIехьалда хъвалеб буго, как рикIкIунарин абун. ГIалимзабаз как рикIкIиналъе шартI лъуна гьеб такбир жиндаго рагIизабун абизе кколин абураб. Щайгурелъул гьелъул хIакъалъулъ Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Какде рахъиндал Аллагьу акбар абе», - ян. Такбиратул ихIрам абун цIар тана цебе хIалал букIараб жо как бухьиндал хIарамалъулеб букIиналъ, масала, кванай, гьекъей ва гь. ц.

Щиб хIикмат бугеб хас гьабун «Аллагьу акбар» абураб рагIи лъеялъулъ. Гьеб лъуна как лъие балеб бугебали бичIчIизе букIинелъун, ай хIузур бачIине. Аллагьу акбаралъул магIна ккола «Аллагь ТIадегIанав» вугин абураб.

(«Фатава имаму Навави»)

 

 

Вахъун чIун кваназе ва гьекъезе бегьунгутIи бугищ?

ХIажат гьечIого вахъун чIун гьекъезе карагьатаб буго, амма хIарамалъи гьечIо. Амма кваназе хIажат ккани бегьула, хIажат батичIони - рекъараб гьечIо.

Аварагас ﷺ вахъун чIун гьекъезе нагью гьабураб амру гIалимзабаз карагьалъиялде бачана.

(«Фатава имаму Навави»)

 

 

 

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


Бергьенлъиялъул къо

Дагъистаналъул тарих ккола гIасрабаз жидерго ракьал ва рухIиял къиматал цIунараб халкъазда гьоркьоб бахIарчилъиялъул ва къвакIиялъул цIар араб ракь. Бищун захIматал балагьазул заманалда Дагъистаналъул бусурбаби цогидал халкъазул ва диналъул вакилзабазда цадахъ рахъана хIажатазе кумек гьабизе ва...


Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан, ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь. Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби, Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.   Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ, БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан. Хинаб...


Нужее баяналъе

  Киталъул чохьониве щив авараг ккарав? – Юнус авараг. Маккаялъул сураби чан ругел? – 85. Мадинаялъул сураби чан ругел? – 29. МоцI чан нухалъ рехсараб Къуръаналда? – 12 нухалъ. Къуръаналда бугеб бищун кIудияб къиса щиб? – Юсуф...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...   Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица...