Аслияб гьумералде

Какда хадуб бугеб кири

Какда хадуб бугеб кири

Какда хадуб бугеб кири

Паризаяб как буго Аллагьас ﷻ щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабураб борч. Гьеб тIубазабиялъулъ кIарчанлъи гьабуни, ахираталда щивасда кIалгьикъи букIине буго, кколедухъ тIубазабурасе цогияб гIамалалъухъ хIисаб гьаби бигьалъизеги буго. Какда цебе-хадуб гьабулеб дугIа цIалулел азкарал руго суннатал гIамалал. Амма суннатал жал ругин абун тIаса-маса течIого, кIвар гьабуразе гьелги руго кIудияб кири хIасуллъулеллъун.

 

ГIалиюл Хавас абурав Аллагьасул ﷻ кIудияв валияс абун буго: «Как балев чиясе диналъ бихьизабун буго, гьелдаса тIуван салам кьедал, лъабго нухалъ Астагъфируллагь абизе. Гьелъ как балаго лъугьараб мукъсанлъи, ккараб гъапуллъи, напсалъулъ рачIарал пикраби, Аллагьасулгун ﷻ букIинчIеб хIузур цIубазабула, гьелда релълъарал цогиялги рацIцIуна. Истигъпарги (астагъфируллагь абун тавбу гьаби) мунагьалдаса гурони букIунарелъул», - ин.

Как бан лъугIидал азкарал гьарулаго чияс балеб заман буго лъабго-щуго минут. Гьеб заман гьечIо нилъер гьабулеб хIалтIи-пиша хвезабулеб яги цогидаб ишалъе квалквал гьабулебгIанасеб. Гьелда тIадеги, гьаб заманалда мажгитахъ гьарулел азкарал руго бигьаял, щивасда ракIалда чIолел, къокъал. Гьединлъидал, гIодор чIараб бакIалдаго имамасда хадуб как балеб батани гьенибго, гьечIони - жинцаго азкарал гьаруни, кIудияб кири хIасуллъила.

Азкарал ккола живго Аварагасги ﷺ гьарулел рукIарал, асхIабзабиги гьезде гьесизарулел рукIарал гIамалал. Цо нухалъ Аварагас ﷺ МагIаз ибну Жабалил кверги ккун, абун буго: «Ва МагIаз, дие мун АллагьасхIаги вокьула», - ян. Цинги хадубги абун буго: «Дица дуе васият гьабула щибаб какда хадуб «Аллагьумма агIини гIала зикрика ва шукрика ва хIусни гIибадатика», - абун дуца абичIого тоге», - ян.

ГIали ибну Абу-ТIалибидаса бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Паризаяб какалда хадуб аятул Курси цIаларав чи цогидаб какалде щвезегIан Аллагьасул ﷻ цIуниялъулъ вукIуна», - ян.

Бараъ абурав асхIабасдаса бицун буго: «Лъабго нухалъ, какдаса тIувайдал, «Астагъфируллагь» абун мунагь чури тIалаб гьабурав, цинги жинцаги «АстагъфируЛлагьа ллази ла илагьа илла гьувал хIаюл къаюма ва атубу илайгьи» абурав рагъулъа лъутарав чилъун вукIун ватаниги, гьесул мунагьал чурула», - ян (Абу-ЯгIла, ибну Сина).

Абу-Гьурайратидаса бицараб хIадисалда буго: «Какда хадуб лъебералда лъаб-лъаб нухалъ «СубхIанаЛлагь, АлхIамдулиЛлагь ва Аллагьу акбар» абун ва нусабилеб тIубазабун «Ла илагьа илла Ллагьу вахIдагьу ла шарика лагьу лагьул мулку ва лагьул хIамду ва гьува гIала кули шайъин къадир» абун, гьев чиясул ралъдал полопгIан гIемер ругониги (цогиязда хурхинчIел гIисинал) мунагьал чурула», - ян. 

Гьелги ва цогидалги какда хадур цIалулел рагIаби суннатлъиялъе ва бугеб ажру-кириялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал руго. Амма жакъа гьалда къокълъун тела, Аллагьас ﷻ къабул гьабеги, тIуразаризе тавпикъги кьеги! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...