Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбел-инсул гIарац хвезабуна...

 

Хвалие нахъе лъун букIараб гIарац босун букIана эбел-инсухъа, нахъбуссинабизе кватIизе теларинги абун. Гьеб гIарцухъ бизнес гьабизелъун къайи босана. КигIан цIакъ жигар бахъаниги бизнесалъул жо ккечIо, гIарацги хIурудахъ ана. Гьеб захIматаб заманалда унтун эменги больницаялде ккана. Гьениб инсуе гьарулел дару-хералъухъ ва процедурабазухъ гIарац кьун бажаричIо дихъа. ГIагарлъиялъ ва гьудул-гьалмагълъиялъ гьабуна кумек. Гьез дида щибго абичIониги, дида кколеб букIана цIакъ разиял гьечIин гьел дидасайилан абун. Эбел-инсуда цеве чIезеги гьанже дир гьумер гьечIо. Дида кколеб буго дун квешав вас вугин абун. Щиб дица гьабилеб?

 

СагIид, Закатала росу

 

ГIалимчиясул жаваб

Киналниги гIалимзаби тIадрекъана налъуде гIарац босизе бегьулеблъиялда. ХIадисаздасан нилъеда лъала, хирияв Аварагасги ﷺ босулаан налъуда жо. Кинниги рес букIун налъи гьабичIого чIезе лъикIаб буго, гIагаразухъа босулеб бугониги.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Налъудаса цIуне! Налъи – ракIбакъваялъе сабаб буго, къаси къварилъи ва къад гIодобегIанлъиги буго», - ян. (Ал-Байгьакъи)

Кинабго бараб буго чи ккараб хIалалда ва босараб нахъбуссинабизе бугеб нияталда. Гьелъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абуна: «Нахъбуссинабизе ниятгун налъи босарасе Аллагьас ﷻ кумек гьабула. ГIадада хвезабизе ниятгун босарав Аллагьас ﷻ гьалаг гьавула (нахъбуссинабизе кIоларо ва Къиямасеб къоялъ гьев гьалаглъиялъе сабаблъунги гьеб ккола)». (Бухари)

Налъуда жо кьей кири щолеб лъикIаб иш буго. Гьелда тIасан рачIарал Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисалги руго. Аварагас ﷺ абуна: «Диналъул вацасдаса къварилъи борхарасдаса ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъул цо къварилъи борхула. ЗахIматаб ишалде ккарасе бигьалъи гьабурасеги Аллагьас дунял-ахираталда бигьалъи гьабула», - ян. (Муслим)

Гьединлъидал, гIадамазул разилъи гьечIолъиялде балагьичIого, хIаракат бахъе налъи бецIун, эбел-инсулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьабизе. ГьабсагIаталда дур кумек хIажат батула гьезие. АскIов вукIун гьезул хIажалъаби тIурай. ГIарац заманалда нахъбуссинабизе бажаричIин абун тIасалъугьинги тIалаб гьабе гьездаса. Гьездехун бугеб рокьиги загьир гьабе. Гьелдаго цадахъ Аллагьасдаги ﷻ гьаре тIаса лъугьаян. Гьезухъа гIарац босулаго дур ният букIун батила кватIичIого нахъбуссинабилин абураб. Амма тIаде рачIарал захIмалъабаз мун гьелдаса нахъчIван вуго. Хьул буго берцинго бичIчIизабуни, эбел-эмен цIакъ рохилин ва тIаса лъугьинин абураб. Аллагьас ﷻ бигьа гьабеги.

 

Психологасул жаваб

ГьабсагIаталда бищун кIвар кьезе ккараб жо буго сверухъ ругезул пикруялъухъ балагьичIого, налъи бецIи. Гьеб буго заманалъул иш. Дуца дудаго гIайибал чIваялъ дуда кколеб буго сверухъ ругезулги гьебго пикру бугин дудехунин абун, амма гIемерисеб мехалда сверухъ ругезул балагьи батIияб букIуна. Цеве гьезда мун жавабияв, рагIи кколев инсан гIадин лъалев вукIун ватани, жакъа ккараб гьеб ишалдехунги бичIчIигун гьел балагьула. Эбел-инсудаса рикIкIалъичIого, гьелъул гIаксалда, гьелгун гIемер цадахъ вукIине жигар бахъе. Мун рикIкIалъиялъ гьезулги ракI хола ва дуеги хадуб захIмалъула гьезде гIагарлъизе. Цадахъго гIарац кьезе захIмалъулеб батани, бутIа-бутIаккун бецIизе бегьула.  

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...