Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. «ХIавамим» абурал сурабазда гьедин цIар щай тараб?

– «Хамим» абун байбихьулел рукIун. 

  1. ГIали ГIимраналъул чан аят бугеб?

– 200 аят.

  1. Щиб сураялъулъ рехсараб гъедо?

– Сура «Маидат», аят 31.

  1. Кинаб сураялда чIезабураб муъминзабазда тIад шайтIабазул кверщел букIине гьечIилан?

– Сура «ал-Хижр», аят 42.

  1. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

– Сура «Залзалат».

  1. Чан нухалъ бакъ рехсон бугеб Къуръаналда?

– 32 нухалъ.

  1. Къуръаналда рехсараб бищун кIудияб къиса щиб кколеб?

– Юсуф аварагасул къиса.

  1. ГIараб мацIалда «Аят» абураб рагIул магIна щиб?

– Хурхен гьаби.

  1. Къуръаналъул таж щиб кколеб?

– Бисмиллагь.

  1. Бану Исраилазул ракIал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сунда релълъинарурал?

– ГанчIазда.

  1. Лъелъ букIунеб щиб рухIчIаголъи рехсон бугеб Къуръаналда?

– Кит.

  1. Кинаб тIокIцIар щвараб Абубакарие?

– Сиддикъ, Атык.

  1. Рекъав шагьид абун лъие цIар щвараб?

– ГIамр бин ЖамухIие.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...