Аслияб гьумералде

Бусурбанчиясе психолог хIажалъулищ?

Бусурбанчиясе психолог хIажалъулищ?

Бусурбанчиясе психолог хIажалъулищ?

«Унго-унгояв бусурбанчиясе психолог хIажалъуларо», - ян абулеб рагIана цо гIалимчияс гьабулеб вагIзаялда. Гьел рагIаби кьочIоеги росун, рачIаха гIаммаб дандекквей гьабизе: щиб малъа-хъвай гьабулеб бугеб психологаз ва сунде нилъ ахIулел ругел Къуръаналъ ва гIалимзабаз?

 

Нилъер гIасру ккола киналго гIелмаби церетIураб заман. Гьезда гьоркьоб аслияб куцалъ халкъалъ цIех-рех гьабулеб буго психологиялъулги. Жиб гIатIидго машгьурлъаралдаса гIемераб заман гьечIониги, психологазухъе унел гIадамазул къадар къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго. 2009 соналъ гьелгун дандчIвазе унезул къадар Россиялда 6 процент букIун буго, 2022 соналъин абуни, 12 проценталде бахун буго. Гьел гIадамазул халгьабидал, гьел ратулел руго жидерго гIумруялдаса рази гьечIел, сверухъ лъугьа-бахъунеб жо данде кколарел чагIи. РекIел къварилъиялъ, гIумруялъул тату тIагIиналъ, гьабизе жо лъаларого хутIиялъ гьел рачунел руго, гIемерал харжалги хвезарун, психологгун гIакълу данде базе иналде.

Цоги тайпайин абуни, психологиялъул тIахьал цIалиялда къокълъулел руго. Гьединал тIахьаздаса росила нилъеца цо-цо дандекквеялъе мисалал.

2020 соналъ къватIибе биччараб «ГIакълуялда кинабго кIола» абураб, Джон Кехоца хъвараб тIехьалъул 16 гьумералда буго: «Нужер гIумру, сверухълъи хисизе ккани, тIоцебесеб иргаялда нужерго пикрабиги, гIакълу хIалтIизабиялъул нухги хисизе ккола», - ян.

Къуръаналде раккани, нилъеда гьенибги гьединго хъван батизе буго (магIна): «Аллагьас гIадамазул хIал хисизабуларо, гьез жалго хисизарун гурого», - ян («Ар-РагIд», 11 аят).

Гьебго тIехьалъул 27 гьумералда буго: «Нужеего бокьараб жо цебе тIамизабиялдалъун, гьелъул гIемер пикру гьабиялдалъун нужее рес щвезе буго гьеб гIумруялде бахъинабизе», - ян.

Унго-унгоги цохIо пикру хIалтIизабиялдалъун гIумру хисизабунищха бажарулеб? Бажарула, гьел пикраби - Аллагьасде таваккал тIамилъун ратани ва Аллагьасдасан кинабго букIин лъан, Гьес кьелин дие бокьараб жо яги гьелдаса лъикIабин абун къвакIараб ракIчIей бугони. Аллагьас хIадису къудсиялда абулеб буго: «Дун кинав вугин ракIалде кколеб батаниги Дир лагъасда, гьединав вуго Дун гьесие», - абун. Гьаниб баянаб ишара буго, нилъее рекъараб букIиналъе Аллагьасул хIакъалъулъ лъикIаб пикруялда рукIине, Гьесул рахIмуялде хьулги лъун, эбелалъе лъимералдаса цIикIкIун Жиндир лагъзал рокьулев Аллагьас лъикIаб гурони дие гьабиларин абураб занну хIалтIизабизе. Муъминчиясе балагьги нигIматлъун кколелъул сабру гьабуни, жиндалъун макъамги тIадегIанлъулеб, мунагьалги чурулеб. Зазил хIунчицин, ракIалда хъатIараб гьитIинабго рахIатхвейцин гIадада течIого, гьелъухъги рекъараб мунагь чурула.

Кидаго унтилин хIинкъун вукIунев щай гIемер унтулев? Жанире раккун балагьани, гьесул таваккалги Аллагьасул хIакъалъулъ лъикIаб пикруги батуларо.

О. Ф. Кабейница «Харизма» абураб тIехьалъул 100 гьумералда хъвалеб буго: «Цебе тIамизабе: нуж, хIалкъаялде (пробкаялде) ккун, кватIулел руго кIвар бугеб данделъиялде. Нужер ццин кутаклъулеб буго. Амма хисизабизе кIолеб жоги гьечIо. ГьебсагIат гьикъе нужедаго, щиб ккезе рес букIараб, гьанжесеб хIал гуребани? Масала, гьадаб КАМАЗалда дир машин тункизеги бегьулаангури... Бихьулищха, дун хвасарлъиялъе сабаб батизе бегьула гьаб кватIи. Гьединал пикрабаздалъун нужеего маслихIат балагье».

Цоги, психолог Е. Оксаненица «Нерваби» абураб тIехьалъул 77 гьумералда малъулеб буго: «Нужер гIумруялда жаниб цо бокьулареб лъугьа-бахъин ккани, гьебги лъикIалъеян абизе ругьунлъе», - ян.

РачIа цIидасан раккизин Къуръаналде. «Бакъараялъул» 216 аяталда Аллагьас абулеб буго (магIна): «Нужее бокьулареб жо батизе рес буго нужее лъикIаблъун. Ва нужее бокьулеб батизе бегьула нужеего квешаблъун. Аллагьасда лъала, нужеда лъаларо».

ГIалимзабазги нилъее бицана, Аллагьас, гурхIел цIикIкIарав вукIиналъ, кIудияб балагьалъе мустахIикъасде тIадеги гьитIинаб битIун толеблъиялъул хIакъалъулъ, кIудиялдаса гьев хвасарлъизе вукIине.

Васвасал гIемерал гIадамазе психологаз кьолеб гIакълу буго гьезие кIвар къечIого тей, данде чIезе балагьунгутIи. ГIалимзабаз абулебги гьебго буго.

Нилъеца цебеги цIар рехсарав Дж. Кехоца хъвалеб буго: «Щибизе ургъел гьабулеб дурго гьечIеб жоялъул? Щивасул букIуна сундулъниги гIунгутIи. Гьелъул бакIалда гIиси-бикъинаб жоялъулъги рохел загьир гьабулевлъун вукIа».

Исламалъ кидаго беццула бугелда разиго рукIин, щайгурелъул, гьеб ккола Аллагьасдаса разилъи, щивасе хъвараб къадар бугелъул. Разияв чиясул рекIелъ парахалъи букIуна, жахIда-хIусуд гIадал нахъегIанал тIабигIатазе бакI батуларо. ЩайтIаналъе цIакъ захIмалъула гьединав чиясдехун нух бахъизе.

«Харизмаялъул» 94 гьумералда жеги батула гьадинаб малъа-хъвай: «Нилъее квешлъи гьабурав чиясул унго-унгояб ният ва гIузру нилъеда гIемерисеб лъазего лъаларо. Гьединлъидал, квешаб пикру нахъе рехун, нилъеего рекIее гIолеб гIузру балагьила гьес гьабуралъе».

Диналъги нилъеда малъулеб буго, кигIан квешаб жо гьабурасеги гIузру балагьизе, хIатта абун буго 70 гIузру балагьейин. РакIалде ккезе бегьула, гьеб дов чиясул хIакъалъулъ квешаб пикру букIунгутIизе гьабулеб бугин, амма гьеб гуребги, гьениб бахчун буго жиндие квешлъи гьабурасул рекIел парахалъи, тIаса лъугьин, диналъул вацасулгун гьоркьоблъи хунгутIи. ГIемер дандчIвалеб жо буго, лъикIлъи гьабулебин нияталда вукIарасул иш гIаксаги ккун, цоцада ричIчIунгутIиялъ питнадулъе ккола, гьалмагъзабицин тушбабилъун рахъуна.

Гьал мисалаздасанцин нилъеда бихьулеб буго, кигIанха БетIергьанас ислам инсанасул тIабигIаталда рекъезабун бугебали, кин гьелъ бусурбанчиясул жанисеб тIабигIат къачIалеб бугебали, стресс-депрессиялдаса цIунулев вугевали. ГIумруялъул кинаб рахъ босаниги, гьеб бищун лъикIаб, пайдаяб къагIидаялъ кин бачине рекъараб бугебали бихьизабулеб буго диналъ. Жакъасел психологаз кьолел ругел «багьа гьечIел» гIакълаби, 1400 соналъ цебе гьадинго кьун руго нилъее Къуръан-хIадисаз, гьезда нахърилълъани, жеги нилъее кьезе къотIи гьабуна рикIкIен гьечIеб гIемераб кири. Хирияб Къуръан - гьеле доб киназго балагьулеб «панацея», ай киналго унтабазе дару, черхалъулал рукIа, рухIаниял рукIа, гьелдаса пайда босизе лъани.

ГьедигIангойищха жакъа нилъер иман загIиплъун бугеб, Аллагьас бихьизабураб шагьранухги жибго тун, психологаз абулел сухъмахъал ккун ине? Нилъ рукIине бегьиларо гьел гIадамазда релълъун, жидее кириялъул, Алжан-жужахIалъулги бицун кIал кквеян амру гьабидал инкаралде арал, Аллагьго лъаларев тохтурас ракъул диета дуе лъикIаб бугин абидал, гьеб гьабизе рекерарал.

 

Хадижат Хизриева, ДИУялъул мугIалим

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...