Аслияб гьумералде

Инсан махсароде кквей

Инсан махсароде кквей

Инсан махсароде кквей

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдалъун инсан вижана тIадегIанавлъун, къадру-къимат бугевлъун ва Къуръан-хIадисалда гьев хIакъир гьавун, махсароде ккун, валъаргъун гIодовегIан гьавурав чиясе кутакаб хIинкъиги кьуна.

 

ХIатта Аварагас ﷺ хIадисалда абуна: «Мун квешав чилъун рикIкIине ва Аллагьас дуе гIазаб гьабизе гIела, дуца диналъул вац гIодовегIан гьави, гьев какун гаргади», - ян. Бусурманчи вукIине ккола жиндир кверазулги кIалалъулги заралалдаса гIадамал божилъиялда рукIуневлъун. БатIалъи гьечIо, гьеб зарал рагIудалъун букIа, бер-кIалалдалъун букIа, гьесда зулму гьабиялдалъун букIа. Бусурманчи бегьуларев гIадин махсароде кквезе, къабихI гьавизе, валъаргъине, капурчиги бегьуларо, мацI лъалареб хIайванги бегьуларо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго: «Ва гьал иман лъурал гIадамал! Нужер цо къавмалъ цогидаб къавм махсароде ккоге, Аллагьасда аскIор жал махсароде ккурал жидеца махсароде ккураздаса лъикIал ратизе бегьула», - абун.

Загьиралда, ай тIасан валагьун инсан ватIа вахъизе лъаларо, гьединлъидал кинав вукIаниги инсанасухъ балагьизе бегьуларо гьев гIодовегIанавлъун вихьун. Гьедин инсанасухъ валагьиялъул магIна ккола чIухIи, живго жиндаго тIадегIанавлъун вихьи. Жибго кIодолъун бихьиялъ, иблисалъ Адам аварагасе сужда гьабичIо ва гьелдалъун БетIергьанас гьеб рахIматалдасаги бачахъана.

Лукъманил хIаким вукIун вуго гьурмадасан сурарав чи. Гьесда цояс абидал: «Дур гьумералъул сурукълъиго щиб», - ан, Лукъманица гьесие жаваб гьабун буго: «Гьеб рагIиялдалъун мун лъида гIайибчIвалев вугев, накъищалдайищ, накъищ бижарав Аллагьасдайищ?» - абун.

Жинда Аллагь разилъаяв Ибну МасгIудица абуна: «ГIемерисеб балагь тIаде цIай, кIал-мацI сабаблъун букIуна, дун хIинкъула гьой махсароде кквезе, ТIадегIанав Аллагьас дунго гьоялде сверизавилин хIинкъиялъ», - абун. Хадубги гьес абуна: «Муъминчи кидаго валагьизе ккола жиб бижараб махлукъалде гурев, жинца бижарав халикъ Аллагьасде, щай абуни, махлукъ вуго щибниги жоялъул ихтияр жинда кодоб гьечIев, Аллагьас жиндиего бокьухъе вижарав, гьединлъидал махлукъалде гIайибчIвай хIакъикъаталда Аллагьасда гIайибчIвай ккола», - ян.

Свалат-салам лъеяв аварагасда цо гIарабияс абуна: «Дие цо васият гьабе», - ян. Аллагьасул расулас гьесда абуна: «Дуца тIадчIей гьабе Аллагьасукьа хIинкъиялда, дулъ бугеб жоялдалъун дуда цонигияс рогьо бани, досулъ букIин лъалеб жоялдалъун дуца гьесде рогьо баге. Рогьо баялдалъун досие квеш ккела, ай мунагь букIина, дуе вуцIцIун чIаралъухъ ажру-кириги букIина», - ян. Хадуб аварагас ﷺ абуна: «Щив чи вугониги жинца муъминчиясде гьес тавбуги гьабун тараб мунагьалдалъун рогьо бан, ТIадегIанав Аллагьас гьев чи гьеб мунагьалъукье ккезавичIого теларо, гьеб мунагьалдалъун дунялалдаги ахираталдаги къватIив чIвазеги гьавила», - ян.

 

Исрафил МухIумаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...