Аслияб гьумералде

Щибха кколеб иман?

Щибха кколеб иман?

Щибха кколеб иман?

Ахираб заманалда нилъеде тIаде рачIунел руго гIемерал унтаби, балагьал, квешал ишал.  Гьелдаго цадахъ иманги загIиплъулеб буго. Иман загIиплъиги лъала цере рукIарал умумузул ва гьезда цере рукIарал Аварагасул ﷺ асхIабзабазул, табигIиназул ва гIалимзабазул иманалда нилъер иман борциндал. Гьабуни мунагь букIунареб, амма беццичIеб жоялде аскIорецин гьел къалароан. БеццичIеб гIамал гьабиялдаса ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъиларин абун хIинкъулаан гьел. Гьединаб щулияб иман букIана гьезул.

 

 

 

 

 

 

Амма жакъа абуни, кигIан кIудияб мунагь бугониги хIухьел цIазегIанги гьабизе бигьалъун буго ва гьабулебги буго. Гьелдаго цадахъ гьитIинаб мунагь гьабиялдаса нахъе къалелго гьечIо. Аллагьасда ﷻ аскIоб гьитIинабин абун гьабулеб мунагьги кIудияблъун ккола, ай мунагь гьитIинаблъун бихьиги кIудияб мунагь кколеб букIиналда бан. Щибха кколеб иман? Иман ккола божи - БетIергьан Аллагьасда ﷻ божи, Гьесул ﷻ аврагзабазда божи, гьезухъе рещтIарал тIахьазда божи, малаикзабазда божи, Къиямасеб къоялда божи, Къадар БетIергьан Аллагьасул ﷻ букIиналда божи. Жакъа кIалалъ божулин нилъ ахIданиги, ракIалъ иман лъей цIакъ загIипго буго. Гьедин букIинчIебани, мунагь гьабизе къасд лъедал, рекIелъ якъинго нилъ Къиямасеб къо тIаде щвеялда божулел рукIаралани, гьабизе букIанищ доб мунагь? Къиямасеб къоялъ жаваб кьезе кколеблъи лъалаго гьеб мунагь гьабизе хIинкъизе рукIана нилъ. Гьелдаго цадахъ гьарурал мунагьаздаса тавбу гьабиги тун буго. Хирияв Аварагас ﷺ нилъеда гурхIайилан абун гIемер гьарулаан Аллагьасда ﷻ. ГIаишатидасан бицараб хIадисалдаги буго, Аварагасул ﷺ магжил расал риччун рукIунаанин гIемер гIодиялъ жиндир умматалъул мунагьал чуреян абун. Жакъа нилъеца гьелъул ургъелцин гьабуларо.  

 

 

 

 

 

 

Нилъеда лъазе ккола, мунагьал гьарунщинахъе Аварагасе ﷺ ургъел цIикIкIинабулеб букIин нилъеца. Къиямасеб къоялъ кутакаб захIмалъи тIаде бачIиндал нилъее кумек гьабулевги цохIо нилъер Авараг ﷺ вукIине вуго. Цогидал аварагзабазги нилъ гьесухъе ﷺ ритIизе руго. Аллагьасда цеве суждаялдаги чIун, гIодун гьаризе буго Аварагас ﷺ жиндир умматалъе бигьалъи гьабейилан абун. ГьедигIан нилъер ургъел гьабулев Аварагасул ﷺ ракI бакъвазабулел ишаздаса нилъ рикIкIалъизе ккела.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

ХIабибуллагь МухIаммадов, муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул Шамил районалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...