Аслияб гьумералде

Хирияб калам

Хирияб калам

Хирияб калам

Аллагьас ﷻ нилъехъе Жиндирго калам, ай Къуръан рещтIинабуна. Гьеб цIаларасе щибаб хIарп рикIкIун анцIго кириги хъвала. Гьебги Аллагьас ﷻ рещтIинабуна дагь-дагьккун, 23 соналда жаниб. Гьелда релълъараб жо лъиданиги ургъизе кIвечIо, гьелъул бищун гьитIинаб сураялда релълъарабцин кIвечIо.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда капурзабазда абун буго нужерго хъанчалги ахIун ургъейин гьединаб пасихIаб каламилан. Аллагьас ﷻ хадубги абун буго нужеда гьеб кIвезе гьечIиланги. Къуръан рещтIараб заман букIана гIадамал цIакъ пасихIго кIалъалеб, гьез шигIраби ургъулеб заман. Къуръан рещтIун хадуб гьезул кинабго къосен кIалагъоркье чIвана.

Къуръан дагь-дагьккун рещтIиналъеги хIикмат букIана. Гьеб заманалда гIемерал квешал гIадатал рукIана. Къуръан кинабго цадахъ рещтIун букIарабани, гьезие захIмалъизе букIана гьел гIадатаздаса рорчIизе. Гьелъул магIнаги ккола инсан хисизавизе ккани гIемераб заман къваригIунин абураб. Гьединлъидал Къуръан 23 соналда жаниб дагь-дагьккун рещтIана. 

Нилъеда лъала Аварагас ﷺ руччабазул, ясазул къимат гьабулеб букIараблъи. Гьеб заманалдайин абуни, гIарабияз ясал гьари рогьолъун рикIкIунаан, хIатта чIагого хабалъцин рукъулаан. Аварагас ﷺ гьеб гIадат хвезабуна ва бичIчIизабуна ясазул бугеб баракат. 

Къуръан, магIна бичIчIун цIалани, жеги хирияб буго. ГIабдуллагь ибну ГIаббасица абуна: «Дие сура «Бакъара» ва «Алу ГIимран» пикру гьабун, магIна халгьабун цIализе бокьула тIубараб Къуръан пикру гьабичIого цIалиялдаса», - ян.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Цогидал каламазде дандеккун Къуръаналъул хиралъи цогидал халкъазде дандеккун Аллагьасул ﷻ ТIадегIанлъи гIадин буго», - ян. (Байгьакъи)

Ибну МасгIудидасан бицараб хIадисалда буго: «Къуръаналдаса цо хIарп цIаларав чиясе цо лъикIлъи хъвала ва щибаб лъикIаб пишаялъухъги анцIго нухалъ цIикIкIинабун кири хъвала. Дица абулеб гьечIо «АлифЛямМим» цо хIарп бугилан, тIадеги «Алиф» - хIарп буго, «Лям» - хIарп буго ва «Мим» хIарп буго», - ян. (ХIаким)

Эбел-инсуда абула лъабго жо тIадаб бугин: берцинаб цIар кьезе, Къуръан, адаб ва гIелму малъизе, сунат гьабизе. 

Муъминчиясул цIуни лъабго жоялъулъ буго: мажгиталъулъ, Аллагь рехсеялъулъ ва Къуръан цIалиялъулъ.

Ибрагьим Хавасица абуна рекIел дару щуго жоялъулъ бугин:

  1. Пикру гьабун Къуръан цIалиялъулъ.
  2. ЧIехь чIобоголъизабиялъулъ.
  3. Къаси мехалъ гIибадат гьабиялъулъ.
  4. Радал мехалъ дугIа гьабиялъулъ.
  5. ЛъикIал чагIигун гIодов чIеялъулъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....