Аслияб гьумералде

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Казбек районалъул Алмахъ росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, школалъул нухмалъулевгун, росдал имамгун ва цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун.

Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялъ жамагIаталда хурхун цере чIарал масъалаби, росдал тарихалда хурхун суалал ва хадурккун гьаризе ракIалда ругел ишал. Алмахъалде гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

 

 

 

ХIанипаев ГIабдузагьид, бегавул:

 

- Дун бегавуллъун тIамуна 2025 соналъул марталда. Дида цеве гьанив вукIана МикагIил. Гьес гьабураб хIалтIи киданиги гьабун бажариларо. Гьесул жиндирго бетIергьанаб техникаги букIана, кутакалда гIемераб хIалтIиги гьабуна. ГьабсагIатги цIиял планал кьураб рахъалда балеб мажгиталъул прораб хIисабалда хIалтIулев вуго гьев. Жакъа дие кумек гьабулев чиги гьев вуго.

ГьабсагIат гьабулеб хIалтIи буго росулъе газ бачиналда хурхараб. Росдал гьечIо генералияб план, гьеб гьечIони хIукуматалъул рахъалдасан кумек щоларо. Гьеб гьабиялда тIадги хIалтIулел руго.

ГьабсагIаталда СВОялда вуго росулъа 78 чи. Гьезда гьоркьоса анкьгояв хвана, кIигоясул хабар гьечIо. Гьенир ругел гIолохъабазеги гьабула кумек. Росдацаго бакIарула хIажатаб ва битIула СВОялде.

Росулъ гьарулел хIалтIабазулъ жамагIаталъго гIахьаллъи гьабула, хасго гIолохъабаз.

 

 

 

 

ГӀабдулманапил вас Хизрица ГIадамазе «Ас-салам» бикьизе байбихьана школалда цӀалулеб заманалдаго. Жакъа гьев ккола Алмахъалда вугев газеталъул вакил.

 

- Хизри, газеталъулгун лъай-хъвай кин ккараб?

- Доб заманалда учитель Назирица дида абуна «Ас-салам» бикьизе кумек гьабиларищин абун. Дунги разилъана. Гьеб заманалда дун вукIана щуабилеб классалда цIалулев чи. Доб мехалъ газетал гӀемер рукӀинчӀо, гьединлъидал дица гьеб кинабго дирго къуваталдалъун бачана. Хадуб гьоркьоб къотӀи ккана, амма 10-11 соналъ цебе байбихьана цIидасан тӀибитӀизабизе.

 

- Росулъ чан подписчик вугев?

- Цебе букӀана 150-200 подписка, гъоркьисала гьеб къадар бахун букӀана 300-ялдеги. Нижер гьитӀинаб росдае гьеб лъикӀаб хӀасил ккола. Гьезул 200-гӀанасеб ккола магIарул мацӀалда бахъулеб, гӀурус мацӀалда бахъараб басмаялъеги руго подписка гьабурал.

 

- Лъица дуе кумек гьабулеб гьеб хӀалтӀулъ?

- Имамас кӀудияб квербакъи гьабула. Дун росулъа рикӀкӀад вугеб мехалъ, гьес жинцаго гьабулаан подпискаялъул иш. Риидал исламиял цӀалул идарабаздаса каникулаз рокъоре рачӀунел гӀолохъабазги кумек гьабула.

Дицаго щвезабула газета, амма дир руго цо-цо гьитӀинал кумекчагӀи - школлъимал. Гьез жидеего бокьун кумек гьабула ва гьеб ишалъулъ цӀакъ жигаралги руго.

 

- ГӀолилаз цIалулищ газета?

- ЦӀалула. Хасало мажгиталда яги мадрасалда данделъун, цадахъги цӀалула дарс хIисабалда.

 

- «Ас-салам» цӀалулезе щиб гьарилеб?

- Гьарула киназего рекъел ва сахлъи. Церехъабазе мутIигIлъун ругони исламалъул гьоко цебе гирула. ЦIале ва хъвай «Ас-салам».

 

 

 

«Ас-салам» газеталъул цӀияб номер гIадамазухъе щвезабулеб мехалда имамасе кумекалъе рахъуна лъималги. Гьез бицана гьединаб хIалтIи гьабиялъ жидер цӀалуе щибго квалкалги кколарилан. Аллагь разилъаги гьезул эбел-инсудаса гьединаб лъикӀаб тарбия кьуралъухъ.

Лъималазул щивасда лъала лъихъе жидеца газетал щвезаризе кколелали. Гьез жидецагоги цӀалула гьеб ва хасго рекӀее гӀолеб буго рухIчIаголъабазул бицарал макъалаби, «Суал-жаваб» рубрика.

Гьел лъималги ккола Ибрагьим МухIаммадов, СагIид ЖабрагIилов, ХIабиб Баширов, МухӀаммад Нуцалханов, ГӀусман ЖабрагIилов ва Абулкъасим Зияродинов.

ТӀадегӀанав Аллагь разилъаги гьездаса ва гьезул эбел-инсудаса. Амин!

 

 

 

 

 

АхIмад ГIабдулкъадиров, росдал имам:

 

- Нижер росулъ буго лъабго мажгит ва мадраса. Гьарулел хIалтIаби камуларо. ТIоритIула мажлисал, анкьида жаниб кIиго къоялъ жамагIаталъе лъола гIаммаб дарс. ЦIалула МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул «ШархIул мафруз», имам Гъазалиясул «Бидаятул гьадаят» гIадал тIахьал. Мадрасалде хьвадулезеги кьола дарсал. Лъималазул мадрасалде вачIунарев чи вукIунаро, школаги мадрасаги аскIоб букIиналъ санагIалъи букIуна.

Гьанже сордо кIудияб заманалда байбихьизе руго чIахIиязеги дарсал лъезе. ГIолилазул мажгит-мадрасалде гъира букIинелъун, мадрасалда лъун буго теннис хIалеб стол. Рогьалил какдаса хадуб лъималазда рихьизарула ГIумар-асхIабасул, имам Гъазалиясул хIакъалъулъ рахъарал фильмал. Гьединал ишаз лъимал хIажат гьечIеб ишалде машгъуллъизе толаро.

«Инсан» фондалъул вакиласулги букIуна бихьизабураб программаялда рекъон гьабулеб хIалтIи. ОПялъул хIалтIухъабиги рачIуна школалде. Нижгоги уна хIажалъи ккаралъубе.

ГьабсагIаталда мадрасалда аскIоб балеб буго мина, гьениб букIине буго жамагIатго бакIарун гьабулеб дарс бугониги, хатму-салават гьаби гIадал тадбирал ратаниги, данделъаби тIоритIизе бегьулеб кIудияб зал. Мажгиталда цIигьабулеб буго какие чурулеб бакI.

 

 

 

 

 

Набиев Салисби, учитель ва боксалъул тренер:

 

- Школа лъугIидал цIализе лъугьана ДГПУялъул тарихалъул факультеталде. Гьелдаса хадуб хIалтIана школалда.

Дица кьолеб предмет ккола обществознание. Гьелъ малъула цIалдохъанасда сверухъ бугеб тIабигIаталде гьабизе кколебщинаб.

Лъималазул цIалул иш квеш гьечIо, школа лъугIидал гIемерисел цIализе лъугьуна институтазде, колледжазде.

 

- Мун вугоха боксалъул рахъалъ тренерги...

- Боксалде хьвадана МахIач-хъалаялда цIалулеб заманалда. Росулъе щведал байбихьана лъималазе тренировкаби гьаризе. Гьединго Дилималдаса лъималазеги гьарула тренировкаби.

Дир цIалдохъабаз гIезегIан лъикIал хIасилалги рихьизарула.

 Спорталда гъорлъ вугев чиясул вукIа-вахъиналъулго букIуна хассаб тартиб къойил, гьединав чи заманалда кьижула, хекко тIаде вахъуна. Жеги гьелъ чи толаро квешал рахъазде ккезе, гьукъула хIажат гьечIеб жоялда гъорлъе ккеялдаса хассго чорхой зарал букIунеб хIалтIизабиялдаса. Гьесул сверухълъиги букIуна сахаб, хIажалъи ккараб къоялъ аскIор ратулездаса.

 

 

 

 

 

 

Будайчиев ГIабдулмутIалиб, жамагIатчи:

 

- ГьитIинаб къоялдаса нахъе дун вуго гIи-боцIудалъун бетIербахъи гьабун вугев чи. Умумуз абулаан гьеб бугин баракатаб магIишатилан абун. Армиялдаса вуссинадал гIезегIан соназ хIалтIана ралел бакIазда. Амма цIидасан тIадвуссана гIи-боцIуде. Инсуца кьун букIана анлъго лемаг. Гьеб кьолелъулги абуна, гьобол-гьудул вачIиндал хъвезеги рукIинин, гьал дуего рачейин абун. Гьедин байбихьана гIи хьихьизе. КамичIо чIегIерхIайваналги. ХIайванал хьихьун ругев чи гьез кидаго хIебтIула, ками гьечIого букIуна кваназе гьан, рахь нисо-хIан. Хехеб къагIидалда гIарац хIажалъани бегьула чанго жо бичизе.

Муфти КIудияс гIемер бицен гьабулеб, тIадчIей гьабеян малъулебги буго хIайванал хьихьи хур-хер бекьи.

 

- Нужер имамас бицана мун росдал жамагIатчиги кколин абун…

- Армиялдаса вуссиндал байбихьана жамагIаталъул хIалтIаби гьаризе. Гьелдаса нахъе лъим бачин нух-рахъ гьаби гIадал ишазда гIахьаллъана. Росулъе лъим бачарал шлангал рацидал, гьел рацIцIине ккола зама-заманалдасан. Гьеб ишги гьабула дица. Цо заманалда мажгиталъул завхоз-кассирлъунги вукIана. Дихъаго бажарулел ишал гьарулев вукIунаха.

 

 

 

 

 

Алмахъ росдал тарих

Дагъистаналъул бищунго некӀсиял росабазул цояблъун кколеб Алмахъ росу буго Казбек районалда мугӀрузулаб Дагъистаналъул Чачан республикаялъулгун гӀорхъода. АскӀобго буго Салатавиялъул хребет, гьеб буго ралъдал гьумералдаса 1500-2200 метралъ ругел рорхатал мугӀрузул рахасгIадаб ччитIир. Сверухъ ругел кьураби руго рохьилал. Росдал бакътӀерхьул рахъалдехун чвахулеб буго Салатав хребеталдасан байбихьараб Акташ гӀор. Гьелде чвахулеб лъаралде цӀарги Эшехаб буго.

 

ТарихчагӀаз абулеб буго росдал ригь мухӀканго абизе кӀоларин. Археологазул баяназда рекъон, Салатавиялда гӀадамаз гӀумру гьабулеб букӀана нилъер эраялдаса цебесеб 3-2 азарил соназдаса кватӀичӀого ва гьеб букӀана Кавказалъул Албаниялъул бутӀалъун. Нилъер эраялъул XIV гӀасруялда Алмахъ букӀун буго лъикӀго щула гьабураб шагьарлъун. 1395 соналъул хаслихъе Тамерланил аскараз гьабураб тӀоцебесеб гьужумалда кӀвечӀо гьеб мутӀигӀ гьабизе.

...1950-абилел соназул байбихьудаса нахъе бакӀалъул гӀадамаз лъазабулеб букӀана росдал сверухълъиялда ракьулъ рукъарал некӀсиял рукъзал ратун рукӀиналъул хIакъалъулъ. Гьенир ратарал склепал ккола Хазаразул каганаталъул заманалъул (нилъер эраялъул VII-X гӀасраби) ва гьел релълъуна Агъачхъалаялда ругезда.

Алмахъазул халкъалъ жигараб рахъ ккун букӀана имам Шамилие; Имамасул рахъалда росулъа гӀемерал бихьинал рагъулел рукӀана.

Гьелъие нугIлъи гьабула Мурадуллагь Дадаевасул Имам Шамвил абураб тIехьалда хъваралъги:

 

Шамвилица АхIулгохI тей

 

РакIал гIодулеб вагIза

муридзабазе гьабун,

Пирхараб пири гIадин,

имам къватIив вахъана…

 

Игьалиса Чупалав

 

 

…Рогьалил гIужалъ Алмахъалъул ракьалде щвана гьел. Жал сабаблъун гIурусаз алмахъалъулазе зарал гьабизе гурилан, росулъе жанире лъугьинчIого, росда аскIоб бугеб иццухъ рещтIана имамасул къокъа. Рогьалил как балел рукIаго, имамасухъе цеве-цеве росдал дибиргун Алмахъалъул вакилзаби щвана ва абуна:

«ГIурусаз ниж чIаго цIадаре реханиги, нижеца гьоболлъи гьабичIого, нуж нахъе риччаларо», –ян. Алмахъалъулаз кьураб квен-тIехги босун, гьениса арал

бахIарзал чачаназул Баян (Беной) ва Ведено росабалъе щвана, гьезги имамасе лъикIаб гьоболлъи гьабуна. Гьенире имамасда дандчIвай гьабизе рачIана машгьурал бахIарзал ЦIамутIариса ШугIайбги Даргъоса Жаватханги…

(Амирул муъминин шайх шамвил ан-накъшубанди ад-дагъистани)

Советияб кверщел бачӀинегӀан Алмахъалда хӀалтӀулеб букӀана кӀиго мажгит. Революциялдаса хадуб гӀемераб мехалъ хӀалтӀизарулел рукӀана гьел: цояб складлъун, цогидаб клублъун. Гьанже кӀиябго мажгит къачӀан буго.

ТӀоцебесеб школа Алмахъалда рагьана 1925 соналда. КӀудияб ВатӀанияб рагъул соназда фронталде ана 730 алмахъав, гьезул 352 чи тӀадвуссун вачӀинчӀо.

 

 

 

 

 

 

 

ГIайшат Жантемирова, хIаракатчIужу:

 

- Нижеца жигар бахъула имамзабаз абуралъуре рахъине. Исана ниж щвана Шамхалалда бугеб мадраса-мажгиталда рацIцIа-ракъалъи гьабизе. Гьелдаса ниж цIакъ рохаралги руго. Гьединго росдал, яги районалъул мажлисал ругони, гьенибе хIадурлъи гьабизеги рахъуна руччаби. Чанго нухалда щвана РухIияб централде. Уна зияратазде. Хвел-хобалда хурхарал суалал баян гьарун гIуцIула руччабазе мажлисал.

 

 

 

 

Жамиля ГIизраилова, лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан:

 

- Нижер хIалтIи буго руччабазда хурхараб. Риидалил къояз нижеца ясалазе гIуцIун букIана лагерь. Гьединго тIоритIула руччабазул мажлисал. Районалда гьарулел мажлисазе кумекалъеги уна. Школалъул ясалазе кьола иман-исламалъул бицарал дарсал. Гьоркьо-гьоркьор тIоритIула къецал. Бергьаразе кьола сайгъатал. Руччабаз салават бачуна ясалазул мадрасалда. Рос-лъадуда гьоркьор ккарал ишал ругони, рекъел гьабиялъеги хIаракат бахъула.

 

 

 

 

Ирина Хаджиева, ясли-ахалъул нухмалъулей:

 

- Чан соналъ мун гьаний хIалтIулей йигей?

- Ясли-ахалда хIалтIана 17 соналъ, щуго соналъ заведующийлъунги.

 

- Нужеца аслияб кIвар сунде кьолеб?

- Аслияб кIвар кьола лъималазул цебетIеялде ва лъай кьеялде. ХIаракат бахъула лъималазда хIажатабщинаб малъизе.

 

- Лъималазул эбел-инсулгун бухьен букIунищ?

- БукIуна. Эбел-инсуца лъималазул тIалаб гьабула, ниж гьелгун цадахъ хIалтIула.

 

- Щибха гьарилеб цIалдолезе?

- Баркала кьела эбел-инсуе, гьез лъималазе кьолеб бугеб тарбиялъухъ. Лъималазе кьолеб тарбия квешаб гьечIо. Гьезда хадур чIечIони, гьел мекъи ине рес бугелъулха. Гьезие тарбия кьеялъулъ аслияб кумек гьабула росдал мадрасаялъ. Аллагь ﷻ разилъаги.

 

 

 

 

 

Алмахъ росдал школалда ва ясли-ахалда лъималазул тIалаб-агъаз гьабулей Тажудинова Заремаца бицана жиндирго хIалтIул хIакъалъулъ.

 

- Дун гьаюна Ставрополь краялда ва медицинаялъулаб лъай щвана Будённовск шагьаралда. ГьабсагIаталда дица дирго къо бикьула школалдаги ясли-ахалдаги гьоркьоб. Дун больницаялъул хIалтIухъан йигелъул, хIажатаб мехалъ дица кумек гьабула росдал гIадамазеги, - ян бицана Заремаца.

 

- Бищунго гIемер сунда хурхарал гIарзал рукIунел?

- Бищун гIемер дандчIвалел унтаби ккола грипп ва инфекциял.

 

- Школалда лъимер унтани щиб гьабулеб?

- Нижеца сахлъиялъухъ хал гьабула, эбел-инсулгун бухьен ккола, гьабизе кколеб малъула. Гьабула тIоцебесеб кумек, хIажалъи ккани, дару гьабизе, лъимер больницаялде битIула.

 

- Грипп унтул хIинкъи кин дагьлъизабизе бегьулеб?

- КIвар бугеб жо ккола рацIцIалъи цIуни, кверал чури, унтараздаса рикIкIалъи. ЗахIматаб хIал гьечIони, гIураб къадаралда гьекъезе ккола лъим, чай яги бакъвараб куракул сок. Грипп букIиналде щаклъи ккани, хроническиял унтаби ругел гIадамал тохтурасухъе ине ккола.

 

 

 

 

 

Сиражудинов Мурад, Тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул кумекчи:

 

- КигIанасеб къадаралда жавабчилъи бугеб хӀалтӀи кколеб, Мурад, гьеб?

- Дица абила, гьеб буго цӀакъ жавабчилъи бугеб хIалтIи. Дирго лъималазул гIадин тIалаб гьабула цогидазулги. Ниж хIалтIула лъималазул эбел-эменгунги. Мадрасалъул мугӀалимзабазги кумек гьабула лъималазе тарбия кьеялъул рахъалъ. Мадрасалде хьвадиялъги гьабула гьезие асар.

 

- ЦӀалдохъабазул цӀалул хӀасилазул бицани…

- Лъималазул хьвади-чIвади лъикӀаб буго, гIилла букIун гурони дарсалги гьоркьор риччаларо. ЦӀалул хӀасилал лъикӀал руго, амма хӀаракат бахъани, жеги лъикӀлъизабизе кIола. Нижеца тIоритIула байрамал, лъимал хьвадула рузманалдеги. Гьелъги гьезул цIалуе щибго квалкал гьабуларо.

 

- СВОялъул гӀахьалчагӀазулгун дандчӀваял рукIунищ?

- Росулъе СВОялъул гIахьалчи вачӀиндал хӀаракат бахъула цебеккунго киназдаго лъазабизе ва данделъизе. Цогидал вакилзаби яги спортсменал рачӀиндалги гьарула данделъаби. Школалъул лъималазги гӀахьаллъи гьабула росдал тадбиразда ва жамгӀиял ишазда.

Росдал имамасги гьабула гьезулгун гара-чӀвари. Кьола гьезул суалазе жавабал.

 

- ЦӀалдолезда ва лъималазул эбел-инсуда щиб абилеб?

- Лъимал руго ТӀадегӀанав Аллагьас нилъехъе цӀунизе кьурал жал. Нилъеца халкквезе ккола гьезда хадуб. Жакъа гьезде рагъун, гьел рухун пайда букIунаро. Лъималазул пикру хисун буго, цебе гIадин гьечIо. Нилъеца гьезулгун хабар бицине ккола. Гьезул нилъеде божилъи бачIинабизе ккола. Гурони, нилъедаса гьел рорчIула.

 

 

 

 

 

 

Казбек районалъул Алмахъ росдал школалде хьвадула 200-гIанасеб лъимер. Нижеца гара-чIвари гьабуна школалъул директор Зияводинова Сиража Садулаевналъулгун ва рорхана школалда церечIарал масъалаби, цIалдохъабазе тарбия кьеялъул суалал.

 

Сиража гьаюна ва гIуна Ленинаулалда. Гьенибго байбихьана учителлъиялъул хIалтIиги. Щуго соналдасан Алмахъалде гочана ва 2015 соналда тIамуна гьей школалъул директорлъун.

 

- Школалъул нухмалъи тIаде босидал захIмалъи бихьанищ?

- Узухъда, тIоцересел соназда рукIана масъалаби. ХIалтIулгун лъай-хъвай гьабизе, дирго цIиял тIадкъаязде ругьунлъизе кколаан. ГIемераб жо бараб букIуна коллективалда. ТIоцересел къояздаго гьез дие кумек гьабуна. Баркала киназего.

ГьабсагIат нижер школалда вуго 28 учитель. ЦIалдохъабазул къадарги тIадеялдаса тIаде дагьлъулеб буго. ГIолохъанал хъизамал гIатIиракьазде гочунел рукIиналъул хIасил буго гьеб.

 

- Школалъул масъалаби рухьарал ругищ росдал гIумруялда?

- Аслияб масъала ккола гIолилазе хIалтIи гьечIолъи. ГIолохъанал хъизамал гочунел руго шагьаразде, хIалтIи балагьизе рес букIун.

 

- Кин бугеб лъималазул цIалуда хадур гъеялъул иш?

- Ниж гьоркьоса къотIичIого хIалтIулел руго цIалул хIасилазда тIад. Нижеца кIудияб кIвар кьола ОГЭялдегун ЕГЭялде хIадурлъиялде.

ЦIалдохъабаздаги бичIчIула букIинесеб экзаменазул хIасилазда бараб букIин. Гьез хIаракат бахъула, эбел-инсуца квербакъула. ГьабсагIаталда 11 классалда вуго щуго цIалдохъан: ункъо васги цо ясги. Гъоркьиса киналго выпускниказ кьуна ЕГЭ ва щвана школа лъугIиялъул аттестатал. Гьеб ккола цIалдохъабазулги, мугIалимзабазулги, умумузулги цадахъаб хIаракаталъул хIасил.

 

- Эбел-инсуца гIахьаллъи гьабулищ школалъул гIумруялъулъ?

- Гьабула. Хасго эбел-эмен гъорлъе лъугьуна ахирал соназда. Гьел лъималгун цадахъ хIалтIула, данделъабазде хьвадула, гьезул цIалуде гъира базабула.

 

- Тарбия кьеялъул рахъ кин бугеб?

- Дица рикIкIуна, лъаялдего гIадин тарбия кьеялдеги кIвар кьезе кколин абун. Лъималазе гьанже рес щун буго телефонал ва интернет хIалтIизабизе, гьезул кIвар буссинабизе къеркьолел жал гIемерго цIикIкIун руго. Гьезие тарбия кьеялъулъ нилъеца жигараб бутIа лъечIони, гьеб чIобоголъи цIезабизе буго гаджетаз. Гьединал ишал кIвар кьечIого тезе бегьуларо.

 

- Мун йигоха рахьдал мацIалъул мугIалим. Бищунго ургъел бугеб жо щиб бугеб?

- Лъималазда рахьдал мацI кIочонеб букIиналъ буго тату хвезабун. Дида, учитель хIисабалда, бихьула гьеб ва бичIчIула кигIан кIудияб масъала суал бугебали. Гьединлъидал дица кидаго абула эбел-инсуда ва цадахъ хIалтIулезда рахьдал мацI цIуниялъе кумек гьабеян.

 

- «Ас-салам» цIалулезе щиб гьарилеб?

- Эбел-инсуда абила лъималазда рахьдал мацI малъейилан. Гьелъул хIакъалъулъ дица гIемер бицуна школалдаги.

Нужер газеталъги хIаракат бахъулеб буго гьеб рахъалде кIвар кьезе. Гьеб буго кIвар бугеб хIалтIи.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...