Аслияб гьумералде

ЦIунаги Аллагьас

ЦIунаги Аллагьас

ЦIунаги Аллагьас

Гьал мухъал хъвана 2023 соналъул 14 августалда, МахIачхъала шагьаралъул цо АЗЭсалда аскIоб кьвагьи ккун 35 чи хун, 64 чи лъукъа-къотIун ккараб заралалдаса хадуб.

 

Августалъул сардилъ къваридаб хабар,

Хваразул цIаразулъ цIикIкIана сияхI.

Ракълилал къояца кIудияб кьвагьи,

МахIачхъала шагьар гьаргьалеб гьаракь.

 

Релъа-рохун щибго ургъел гьечIого,

Метер гьабулелъул харбида цоял.

Цоял машинагун рокъоре унел,

Тукадаса чед-квен босизе чIарал.

 

Рокъоб хинлъун букIун къватIир рахъарал,

Шагьаралъул къотIнор тирулеб гIалам.

Тохлъукье бахъараб кIудияб кьвагьи,

Гьелегьараб цIадулъ бухIараб гIалам.

 

Кьвагьиялъул къуват сверухълъиялда,

Тирщухъ ран гIадамал, риххарал рукъзал.

Машиналда жанир, тукабахъ ругел,

ЧIагого рухIарал васалгун ясал.

 

Лага батIалъарал, тIутIун жал рарал,

КъотIнор щущахъ арал хварал гIадамал.

Бохдул, гъуждул камун, берзул канлъи ун,

ГIодор бидулъги лъун угьдулел цоял.

 

ЦIунцIраби гIадинан терон сверулел,

ГIассияб кьвагьиялъ ракьалда лъуна,

Сверухъ къотIнор чIарал машинабиги,

РухIун, гургузарун пана гьаруна.

 

ГьитIинал лъимал хун гIодулел цоял,

ГIолохъанал къанщун къварид цогидал.

Нагагьаб балагьалъ хагазабураб,

ТIолабго Дагъистан чIегIер бан буго.

 

Умумуца нилъей дугIалъун кьураб,

«ЦIунаги нилъер халкъ балагьалдаса».

Нагагьал балагьал зарал гIемераб,

ГIалам къварид гьабун, гIадан камулеб.

 

Вай, гIадамил лъимер нилъер загIиплъи,

Хадуб чIараб хвел бихьулареб?!

ЦIалеб хIухьлада, лъолеб галуда,

Ахираб батилин ракIалда ккечIеб.

 

Гьаб цIадулъ рухIарал, рухI босун арал,

Алжан насибаллъун гьаре, БетIергьан!

Лъукъа-къотIун ккарал, чIаго ругезеги,

Сахлъигун гIумру кье, хирияв Аллагь!

 

ГIагарлъи камурал, чIаго ругезе,

Иманияб сабру гьарула, Аллагь!

Гьари Дуде буго, Къудратав Аллагь,

Гьаб балагь кIочараб бихьизе тоге!

 

Сулайман МухIаммаднуров, ЦIиликь росу

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...