Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Панголин

 

Гьаб цIар щун буго малайз мацIалдаса, хIинкъи ккараб мехалда хIайван данде букIкIун, шар гIадин лъугьунеб букIиналъ. Данде букIкIун хадуб гьеб рагьизабизе кIоларо гъалбацIал, леопардал гIадал жанаваразда гурони, гьезиеги захIмалъула, панголиналъул черхалда ругел регIерал чешуябаз квачIал, гьумер хъарсулеб букIиналъ.

 

ТIаде хIайван лъугьиндал гьез бичIала скунсазго гIадин капураб махI. ХIайваналдаса лъутизе хIажалъи ккани, гьеб горо гIадин гебегунги уна тIаса гъоркье.

Панголиналда цаби гьечIо. Квен биинабизе кумекалъе гьез къулчIула ракь, сали. Кванирукъ буго къвакIараб тIомол. РухIчIаголъабаз хIанчIиялдасаги гьел хIинкъуларо, хасал ччорбаздалъун гьез рахчизарула магIазукъалал ва гIундул, гьел жанире лъугьунгутIизелъун.

Гьезул буго 8 тайпа. Гьелги рикьула кIийиде. Ункъо тайпа буго Азиялъул рахъалда, ункъояб - Африкаялда. Азиялъулал ккола: китайский, гьел гIумру гьабун руго Китай, Непалалда. Яванский (индокитайский), гьел дандчIвала Азиялъул Юго-Восточнияб рахъалда. Индийский панголин — гьел руго Индия, Пакистан, Бангладеш ва Шри-Ланкаялда. Филиппинский, гьел руго цо чанго Филиппиналъул чIинкIиллъабазда. Африканскиял ккола: Гигантский панголин — гьеб буго бищун кIудияб тайпа, гьеб букIуна экваторалъул бакIалда Африкаялда. Степной (саванный), гIумру гьабун буго саваннабазда. Белобрюхий, гьеб ккола рохьахъ бугеб тайпа. РачIхалатаб, гьебги буго рохьабахъ бугеб, амма рачIазул кумекалдалъун гъутIбузде харизе бокьулеб.

Гьазул чорхол халалъи букIуна тайпа хал гьабун: 85-90см, чорхол цIайи 4,5-27 кг.

Гьезул черх бахчун буго чешуялъ. Чешуя буго цоцада тIад къан, къанал гIадин бижараб, тIолабго мугъ, хьалбал, рачI ва къватIисеб рахъ хIатIазулги цIураб. Чешуя буго чиясул малъазулго гIадаб гIуцIиялъул. Чорхол цIайиялдаса 20% буго чешуялъул.

Гьез гIумру гьабула нахъисел бохдузда чIун, рахъун чIезе рачIазул кумекги хIалтIизабун. Гьез талавур гьабула термитазул ва цIунцIрабазул бусаби.

МацI буго сино гIадин рекIунеб, халатаб. ЧIахIиязул мацIал халалъи бахуна 40 см. МацIалъул аслоги буго чохьонисаго бачIараб.

Гьел руго жалго жидедаго чIун гIумру тIамулел хIайванал. КIигояб дандчIвала гIицIго тIинчI бахъизе. КъанагIат гурони гьабуларо кIиго тIинчIги. Гьабураб тIинчIалъул чешуя букIуна тамахаб, кунчIараб, цинги къвакIула ва сурмияб кьер лъугьуна. ТIинчI букIуна нохъо гIадаб бакIалда бахчизабун, цинги эбелалъул рачIалда хурхун къватIибе бачIуна. ХIинкъи ккедал эбелалъ гьеб, жибго горгIадин дандеги букIкIун, чехьалъул рахъалде ккезабун бахчизабула. 3-4 моцIалъ тIинчIалъ гьекъола эбелалъул рахь. 2 сон байдал тIинчI лъугьуна жибго жинцаго хIебтIулеблъун.

Гьез гIумру гьабула 10-15 соналъ.

 

Броненосец

Броненосцаби рикIкIуна динозавразул заманалдаса нахъе гIумру гьабун ругел некIсиял хIайваналлъун.

Гьезул буго 21 батIияб тайпа, жалги 8-9 батIияб къокъаялде рикьулел. Щибалги цоцадаса цIакъ батIиял руго кIодолъиялъулъги, сипат-сураталъулъги, рукIа-рахъиналъулъги.

ИчIго поясалъулаб (поясалъулабин абула гьеб рикIеналъул мугъалда бугеб рачелгIадин бачIараб панцер букIиналдалъун). Гьаб ккола бищун рикIкIен гIемераб къокъа, гьезда гьоркьоб анкьгогIанасеб тайпа буго. Гьаб руго Латин Америкаялдаса къватIибехун тIибитIизе кIвараб тайпа.

Лъабго поясалъулаб. Гьеб къокъаялда гъорлъ кIиго тайпа буго, бразилиялъулаб ва жанубияб (Аргентина, Боливия, Парагвай гIадал улкабазда дандчIвалел). ЦохIо гьел руго горгIадин лъугьун данде рукIкIине кIолеллъун.

Гьел рагьизе кIолеблъун буго цохIо ягуар, ягуаралъги гьеб рагьула жиндир къуватаб чIандероялъ панцип бециледухъ данде къан.

Анлъго поясалъулаб. Гьезда абула тIугьилаб броненосецин абунги. Цогидал тайпаби гIисинал рухIчIаголъаби пихъал кваналеллъун ратаниги, гьаз кванала хер-чIахI, гIункIкIал, ччутал, хIанчIазул ханал, хварал хIайваназул гьан гIадабги. Цогидал тайпаби, аслияб къагIидалда, къаси заманалъ гIумру тIамулеллъун руго, гьел руго къадги чан гьабулеллъун. Бокьула бакъалда регизеги. Гьезул панциралда гьоркьоса баккун бижула хъахIаб рас. Цогидал гIадин гьел, хIинкъи ккедал данде букIкIунаро, чIахIиял малъал кьабгIун тIаде кIанцIула, щулияб чIандероялъ ва регIерал цабзаз хIанчIула. Гьалъул буго хехаб къагIидалда ракь бикIизе гьунарги. ТIаде бачIунеб жанавар бихьидал кIола бахчизе гвенд бухъизеги.

КIудияб броненосец. Гьел ккола бищун чIахIияллъун, гьезул халалъи бахуна 1,5 метралде, цIайи 60 кг.

Плащ ретIараб броненосец. Гьезда гьоркьобе уна кIиго тайпа. Гьел руго гьитIинал жал. Бищунго машгьураблъун ккола гьазул багIаркьераб броненосец. ЦIайи бахуна 110-140 граммалде.

РачI гIицIал ва гIисинаб рас бижарал броненосцаби. Гьезда гьоркьоре уна гьоркьохъеб кIодолъиялъул чанго тайпа. Гьезул панциралда бижула согIаб рас. Гьалъул рачI гIицIаб панциралдаса.

Аслияб къагIидаялда броненосцабаз гIумру гьабула ракьулъ. Гьенир гьарула кIиго метралъул гъварилъуде рухъун, лабиринтал хIисабалда, картIал. Къад заман гьез кьижун тIамула, къватIире рахъуна къаси-къаси.

ЦIуялда кIола тIинчI ккедал гьеб гьаби кIиго соналде щунги нахъ бахъизе. Гьебги гьабула гIураб нахърател, данде ккараб гьава-бакъ, хIинкъи гьечIолъи гIадаб санагIалъи лъугьинегIан. Гьабидал тIинчI букIуна панцир тамахаблъун, къвакIула чанго анкьидаса.

ГIумру гьабула 15 соналъ, жанир хьихьулез 20 сонги бала.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...